Аслияб гьумералде

Нилъехъ балагьун кьола къимат

Нилъехъ балагьун кьола къимат

Нилъер диналда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел жалазул бищун кIвар бугездасанги.

 

Гьеб ритIухълъиялъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, цинги шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал, Аллагьасдехун бугеб игIтикъадалъулъ бацIцIалъи гIадал ва гьел гурел цогидалги лъикIал тIабигIатал.

Щива чиясдехун букIине ккола ракIбацIцIалъиги ритIухълъиги. ГIадамазда гьоркьоб ритIухълъи бугебгIан мехалъ гьезда гьоркьоб цоцаздехун божилъиги букIана, цоцаздасан гIелмуги босула, цинги даран-базаралъулъги цоцада мугъчIвай гьабула. Амма гIадамазда гьоркьоб гьереси тIибитIидал цоцаздехун бугеб божилъи лъугIула, дагIба ва питна цIикIкIуна.

Чанго соналъ цебе, мажгиталъул имамлъун вукIарав чи Лондоналде гочуна. Автобусалда рекIун унаго, рекIадухъ гIарац кьедал, тIадбуссун кьолелъул гьесие водителас 20 пенсалъ (Англиялъул гIарац) цIикIкIун кьола. Имамасда ракIалде ккола гьеб гIарац жиндир гурин ва нахъбуссун кьуни лъикI букIинин абун. Хадубги напсалъ ракIалде ккезабула гьеб цIакъго мукъсанаб жо бугин ва гьеб нахъбуссинабичIониги лъицаниги ургъел гьабизе батиларин. Гьединлъидал Аллагьасул ﷻ сайгъат хIисабалда гьеб гIарац диего телинги ракIалде ккола. Гьав рещтIине кколеб бакIалда автобус лъалхъидал, имамас дагьалъ лъалхъизеги лъалхъун, гьеб 20 пенс шоферасухъе нахъбуссинабула ва абула: «Гьаб гIарац дихъе цIикIкIун кьун буго. ГIайиб гьабуге, гIарац нахъе босе», - ян.

ГIарацги нахъе босун, гьимизеги гьимун, шоферас абула: «Гьаб районалъул цIияв имам гурищ мун? Цо чанго моцI буго дир нужер мажгиталде какал разе вачIине бокьун. Гьаб гIарацин абуни дица ургъунго кьун букIана цIикIкIун, дур хIал бихьизелъун», - ян.

Имам гIажаиблъун хутIула. Автобусалдаса рещтIиндал, бохдуздаса рухI лъугIун тIуртIудизе лъугьана ва цебе батараб хIободаги ваччун, пашманго абула: «Я, дир Аллагь ﷻ, 20 пенсалъухъ ислам бичизехъин букIана дица», - ян.

ГIакълу бугев чиясе вагIзалъун гьаб лъугьа-бахъин гIезе ккола. Нилъеда лъазе ккола нилъер гIамал-хасияталдалъун чанги чи битIарав нухде вачIине рес букIин. Гьединлъидал нилъ, ай бусурбаби рукIине ккола капуразе мисаллъун. Кидаго ритIухъаллъунги ракIбацIцIадаллъунги рукIине цIакъ жигар бахъизе ккола. Нилъер рукIа-рахъиналъухъ балагьун цогIаги чияс ислам босани, гьеб гьечIищ унго-унгояб талихI? Гьаб дунялги, гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб гьечIищ цо капурав чи исламалде вачIин. Амма кIочене бегьуларо нилъер квешаб гIамалалъухъги балагьун исламалдехун занну, ай балагьи цонигиясул квешлъани гьелъул нилъееги кIудияб мунагь букIин.

 

Карим МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...