Аслияб гьумералде

Рокьаралгун цадахъ рукIина

Рокьаралгун цадахъ рукIина

Рокьаралгун цадахъ рукIина

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго, цо жо жиндие бокьулевлъун ялъуни гьеб рихуневлъун. Гьеб тIабигIияб рокьиги букIуна лъикIал чагIаздехунги, квешаздехунги.

 

Аварагасда ﷺ цо чияс гьикъула: «Чиясе лъикIал чагIи рокьула, амма гIамалазулъ тIуван гьезда нахъвилъине кIолеб гьечIо», - ян. Гьесие жаваб кьезехъин Авараг ﷺ вукIаго, цогияс гьикъула:

– Я, Аллагьасул ﷻ Расул, Къиямасеб къо кида чIезе бугеб, - абун.

– Дуца гьеб къоялде щиб хIадурун бугеб, - ин гьикъула гьесда Аварагас ﷺ. Гьес жаваб гьабула: «Дир гIемерал какалги кIалалги гьечIо, кинниги Аллагьги ﷻ Гьесул Аварагги ﷺ рокьула, - ян. «Мун дуе рокьаралгун цадахъ вукIине вуго», - ян абула Аварагас ﷺ гьесда.

Анас-асхIабас бицана гьелдаса вохараб къо жидер букIинчIин. Нижее Аварагги ﷺ, Абубакарги, ГIумарги рокьула, гьез гIадаб гIамал гьабизе кIвечIониги, нижер хьул буго гьелгун цадахъ Къиямасеб къоялъ рахъинарилилан.

Гьаб хIадисалъ бицунеб буго асхIабзабазул цIикIкIараб кIвар букIин, Аварагги ﷺ гьесул асхIабзабиги рокьиялде. Имаму Раббанияс абуна: «Аллагьасул ﷻ вализаби, шайихзаби рокьиялъулъ буго дунялалъулги ахираталъулги лъикIлъаби щвей. ШаргIияб нух кквей, гIибадаталъе тавпикъ Аллагьас ﷻ кьей гьел устарзаби рокьиялъулъ кIудияб баракат буго.

ЧIахIиял чагIазул цояс абуна: «Гьаб гIаламалдего мунагьазул квешлъи тIунани, вализаби рокьулев чияс гьелъул щибго ургъел гьабизе ккеларо», - ян.

Нужеца халгьабе, бусурбаби, гьел чIахIиял чагIи рокьиялдаса нилъее букIунеб пайда-хайиралъул. Аллагьас ﷻ нилъ гьезул баракатги шапагIатги камун тогеги.

КагIбул АхIбар абулев асхIабас бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялъ Аллагьас ﷻ лагь хIисаб-суалалъе вахъинавидал, гьесул квешал гIамалал цIадирабазда цIикIкIунила, цинги Аллагьас ﷻ ЖабрагIил малаикасде амру гьабулила гьев лагъ жужахIалде рехейин. ЖужахIалъуве рехизе унаго Аллагьас ﷻ ЖабрагIил малаикасда абулила: «Дуца гьикъе Дир лагъасда, гьев гIумруялда жанив цоцIулгIаги гIодов чIечIищ гIалимчиясда аскIов»? – ян. Лагъас жаваб гьабулила гIодов чIечIин. Аллагьас ﷻ нахъеги абулила: «Гьикъе гьесда, гIалимчи вокьанищ», - ян. Лагъас жаваб гьабулила вокьичIин абун. Нахъеги гьикъулила лагъасда: «Мун гIалимчигун цадахъ квананищ?» - абун. Лагъас жаваб гьабулила кваначIин. Нахъеги гьикъулила  дур мадугьалгIаги вукIинчIищин гIалимчиян. ВукIинчIин абулила лагъас. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулила: «Дур цIар гIалимчиясул цIаралда релълъарабгIаги букIинчIищ?» - абун. БукIинчIин абулила лагъас. РахIму-цIоб гIатIидав Аллагьас ﷻ абулила, гIалимзаби рокьарав чигIаги вокьичIищ дуеян гьикъе гьесдайин. Лагъас жаваб гьабулила, гIалимзаби рокьарав чи дие вокьулилан. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ЖабрагIил малаикасда абулила: «Кверги ккун гьев дир лагъ Алжаналъуве ваче», - ян.  Гьеб рокьиялъе гIоло Аллагьас ﷻ гьесул киналго мунагьал чурулила.

Цоги хIадисалда буго: «ЛъикIал чагIи рокьарав чи Аллагьас ﷻ лъикIавлъун гьавила кигIан живго лъикIав гьечIониги, гьединго, квешал чагIи рокьаравги Аллагьас ﷻ квешавлъунги гьавила, кигIан живго лъикIав вугониги».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее кьеги Аллагьасдеги, Аварагасдеги, вализабаздеги камилаб рокьи. Амин.

 

АхIмад МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....