Аслияб гьумералде

Гьариялъе жаваб

Гьариялъе жаваб

ДугIа ккола муъминчиясул бищунго къуватаб ярагъ. ДугIаялдалъун нилъеца гьари гьабула ТIадегIанав Аллагьасде ва щивас жиндирго ахIиялъулъ Аллагьасда гьарула хIажатал масъалаби тIурай яги рекIелъ ругел анищал хIасуллъи.

 

Муъминчиясда бичIчIула ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ жиндир бугеб гьари-дугIаялъул унго-унгояб магIна, Гьев ﷻ сундуего хIалкIолъи бугев вугеблъи, тIолабго дунялалда лъугьунебщинабги лъугьуна Гьесул ﷻ амруялдалъун ва гIицIго Гьесул ﷻ изнуялдалъун.

Инсанас гьабураб дугIа, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасухъе ﷻ щола, Гьес гьеб къабулги гьабула, гьелъие жавабги кьола. Гьарарасе дугIаялъе жаваб гьебсагIатго щвечIого хутIизе бегьула, амма дугIаялъе жаваблъун щвезе рес букIуна мухIканго лъабго жоялъул цояб: мунагьал чури, гьараралъе жаваб кида щунги щвей яги ахираталда даража цIикIкIин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуда (МухIаммад ﷺ) лагъзадерица Дир хIакъалъулъ цIехедал, гьезда лъайин абе Дун гIагарда вукIин, Диде ахIи бан гьаридал гьезул гьариялъе Дица жаваб гьабула», - абун (суратул «Бакъарат», 186 аят). Гьелъ, дугIа гьабулелъул муъминчиясе рекъараб буго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарулелъул, Гьесда ﷻ цебе гIодобегIанлъи, амру-нагью гьабурал жалазулъ мутIигIлъи бихьизабизе. Гьарараб къабул гьабиялъул балъголъабазул цояб бугелъул гьарулесда цебе жиндирго хIажаталъул гIодобегIанлъи бихьизаби. Гьарулелъул Аллагьасда ﷻ цебе гIодобегIанлъи, хушугI, хIели бугебгIан, жаваб щвеялъеги цIикIкIун рес букIуна.

ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рокьула дугIаялдалъун Жиндихъе руссарал, гьединго, ццимги бахъуна Жиндаса руссарал лагъзадерида. ДугIа сабаблъун букIуна мунагьаздаса гьукъиялъе, тIаде рачIунел балагьал нахъчIваялъе, талихIкъосиназдаса цIуниялъе.

 

 

 

 

хIадис

Ибну Мажагьица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Ле гIадамал! Нужеца хвел тIаде щвелалде тавбу гьабе, дунялалда машгъуллъилалде нужеца лъикIал гIамалал гIемер гьаре, Аллагьасдаги нужедагоги гьоркьоб хурхенги цIикIкIинабе гIемер зикру бачиналдалъун ва балъгоги тIатунги садакъа кьеялдалъун. Гьеб мехалъ Аллагьас ризкъи гIатIид гьабила, тушманасда тIад нужее квербакъила, нужер мунагьалги чурила», - ян.

 

 

 

 

 

Абу Гьурайратидасан бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Лагъас мунагь гьабидал, гьесул ракIалда тIад чIегIераб тIанкI лъугьуна, мунагьги тун тавбуги гьабун вуссиндал, гьеб тIанкI тIагIуна. Хадубккун гьебго мунагь гьабуни, гьеб тIанкI цIикIкIуна ва тIолабго ракI, пардавлъун лъугьун, бахчизабизеги бегьула…», - абун (Тирмизи). Гьединлъидал, щибаб мунагьалъ чорхое асар гьабула, хIатта захIматго гурони тIаса инабизе кIолареб куцалда. Амма мунагь лъугьанщинахъе ракIбухIун БетIергьанасда ﷻ гьарулеб бугони ва хадубго лъикIал гIамалалги гьарулаго хьвадулев вугони, гьелъ чиясе зарал гьабиларо.

Гьабураб мунагь хIакъикъияв муъминчиясе кIудияб къварилъилъун букIуна, гьелъ гьесие гIакъубаги кьола. Гьелдаго цадахъ, ТIадегIанасул ﷻ рахIматалдалъун, чиясдаса ккараб мунагьалда жанибги букIуна хасаб хIикмат, жиб сабаблъун гьев ракI бухIун тавбу гьабун мунагьал чуриялъул нуцIби къагейин абун Аллагьасда ﷻ гьарулевлъун лъугьинави. Гьедин ТIадегIанас ﷻ кумек гьабула жиндирго лагъасе лъикIаб гIамал гьабиялда даимлъизелъун. Цинги гьев чи лъугьуна гIибадат-гIамал гьаби гIадатлъун ккуравлъун.

Тавбу бугелъул, гIицIго рагIаби аби гуреб, ракIбацIцIадго Аллагьасде ﷻ руссин. Руссун хадуб жинца чиясе гIурхъи гьечIеб гурхIел-рахIмуялде нух рагьулеб. Тавбу гьабун хадуб, мунагь гьабурав чияс гьабураб гIибадат къабул гьаби гуребги, гьелъ лагъ хасаб магIнаялъулаб гIумруялде вачуна, цересел мунагьалги тIагIинарула. ХIадисалда бугелъул, мунагьалдаса тавбу гьабун вуссарав чи, гьеб гьабичIесда релълъун вугин абун. Гьедин вуссарасдаса Аллагьги ﷻ кутакалда рази вукIуна. Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Жиндир лагъ тавбу гьабун вуссиндал, ТIадегIанав Аллагь ﷻ цIикIкIун вохула, салул авлахъалда тIагIараб варани циндаго батиялдаса щив вугониги вохулелдасаги», - абун.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги мунагьаздаса гIицIал, Гьесие ﷻ рокьулел лагъзадеридаса! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Кинаб хъвелеб?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги АхIмадидаги Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола. АбухIанифатида аскIоб къурбан хъвей тIадаб буго шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун бугел гIадамазда. Амма АбухIанифатида аскIоб гьеб тIалъизе ккани закат бахъи гIураб бечелъи букIине ккола. «РахIматул...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Ният халгьабун…

Къокъаб, амма магIна гъваридаб аби буго: «РакIбацIцIалъиялъ, ай ихласалъ гIажаибал жал гьарула», - ян абураб. Гьел рагIабаз мухIканго загьир гьабула муъминчиясул гIумруялъул аслияб магIна. Ахир-къадги исламалда бокьараб гIамалалъе къимат гьабула гьелъул сипат-сураталдалъун яги кIодолъиялдалъун...


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


ЛъикIал гIамалал

ХIадисалда буго: «Аллагь ﷻ лъикIав вуго, Гьесие лъикIлъи бокьула. Гьес ﷻ лъикIлъиялдалъун щвезе рес кьола кьвари ва цогидалдалъун щвезе кIолареб жо», - абун (Бухари). Дунял бихьиялъе Аварагасул ﷺ гьал рагIаби кьучIлъун руго бусурбанчиясе. ЛъикIлъиги, гIицIго беццараб гIамаллъун букIин гуребги, гьеб...