ЦIуралъухъ цIураб
ЦIуралъухъ цIураб
Щивав чиясе Аллагьас кьун буго гIакълу, амма гьелда цадахъ кин гьеб хIалтIизабилебали хъвараб баян, инструкция кьун гьечIелъулги батила, цо-цоязухъа гьеб, букIине кколеб хIалалда хIалтIизабун бажарулеб гьечIеблъи бихьулеб буго.
Инсан хIайваналдаса ватIа вахъулев жо гIакълу букIин киназдаго лъала. Гьелъулъ гурони хвасарлъиги нилъеда батуларо, хасго гьаб заманалда. Питнаби гIемерлъидал, битIараб нух балагьи тIадаб бугелъулха.
ГIадатиял ишкалал рикIкIинчIого, гIемерал балагьал нилъеде тIаде рачIунел руго интернет сабаблъунги. Гьеб ккола къуватаб ярагъ, жиндалъун чанго пайда щвезе бегьулеб, амма гьелдасаги цIикIкIун заралги жиндилъ бугеб. Гьениса рагIулеб хабар батIа бахъизе бажаризе ккола. Жакъа, гIисиназулги херазулги унтиялде сверарал социалиял гьиназда, аслияб хабар буго дунялалда кколел ругел лъугьа-бахъиназде буссун. Лъалебги, лъаларебги, ургъун бахъарабги гъорлъе жубан, чурпа лъугьинабун буго. ЦIакъ захIматаб хIал буго цо-цо гIалимзабазул, диниял церехъабазул, муфтиясул хIакъалъулъ абулеб жоялда сверухъ. Гьезда лъолел бугьтаназул захIмалъи мугIруздацин баччизе кIвелароан. ТIолабго гIумру исламалъул нухда тIамурав, жиндирго ишал, ургъалаби тун, ватIанцоязул пикруялъ макьу щвечIев, бугебщинаб, хIатта жиндирго гIумруцин исламалъул нухда къурбан гьабурав, 25 соналъ дагъистаниязе щибаб жоялъулъ маслихIат тIалаб гьабулев вугев муфтиясул хIакъалъулъ рекъечIеб рагIи абизе кIолел гIадамазул нахъегIанлъиялъул гIорхъиго бугодай?
Аварагас ﷺ абуна: «Чиясе мунагьлъун гIела жиндаго рагIараб бицуна вукIин», - ян (Абу Давуд). Гьеб хIадисалдасан нилъеда бичIчIула ахIмакъал чагIаз бицарабщинаб уйилан ккун, гьеб цогидазде щвезаби бусурбабазда рекъараб жо гуреблъи, рагIи абилалде лъикIго ургъизе кколеблъи. Хасго гьеб рагIи гъибатлъун яги бугьтанлъун ккезе рес батани.
ХIадисалда буго: «Берцинго ислам гьабиялдасан ккола, инсанас жиндего кколареб жо жибго тей», - ян (Тирмизи).
ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Пасикъав чияс нужехъе хабар бачIани, цин гьеб битIараб бугищали халгьабе, гIайиб гьечIезе лъачIого тамихI гьабичIого букIине, гурони нужер ракI бухIила» («Худжурат», 6).
Нилъеда тIадаб буго хIакъикъат балагьизе, битIараб нух тIалаб гьабизе. Мунапикъзабаз тIиритIизарулел харбазул ахир квешаб ккезе рес буго. Аллагьас киналго битIараб нухде рачаги.
Цере рукIарал лъикIал чагIаз абулеб букIана: «ТавазугI ккола дуца хIакъикъат къабул гьаби, гьеб лъидасан бачIун батаниги», - ян. Гьелъухъего, хIакъалда хIакъабин, мекъалда мекъабин абун, щибаб жоялъе даража чIезабизе ккола.
Балагье, муфтияс гьанжелъизегIан Дагъистаналъеги бусурбабазеги щиб гьабурабали ва кьучI гьечIел харбал тIиритIизарулел ругез щиб гьабулеб бугебали? МацI гьаби дунялалда цIакъ бигьаяб жо буго, амма ахираталда лъала гьелъул хIакъикъияб цIайи кинаб бугебали.
РацIцIадал чагIазда бугьтанал лъеялъухъ букIунеб мунагьалъулги, жужахIалда букIунеб гIазабалъулги бицун халат гьабиларо, гьеб баянаб жо буго. Имам АхIмадица абураб рагIухъ халгьабе: «ГIалимзабазул гьан загьру тIаде щвараб буго. Гьелъул махI сунтIарав - унтила. Гьеб кваназе балагьарав - живго хвела», - ян.
ХIафиз ибн ГIасакирица абун буго: «ГIалимзабазул хIакъалъулъ щиб бугониги гьел гIодорегIан гьарулеб жо абурав чиясе Аллагьас тамихI гьабила гьесул рухIанияб ракI хвезе гьабиялдалъун», - ян.
Цебе заманалда ханасул вукIун вуго лъикIав вазир. Гьес цIакъ гIагарги гьавурав, жиндиеги вокьулев. Цогидав вазирги вукIун вуго, гьеб ахIвал-хIал бихьун, жахIдаялъул цIаялъ жаниса вухIулев. Цо нухалъ гьелда тIад ургъулаго, гьесул ботIролъе бачIун буго цIакъ нахъегIанаб, хиянатаб пикру. Ханасде аскIовеги ун, гьес абун буго, дов гIагар гьавурав вазирас дур хIакъалъулъ киназдего абулеб бугин, кIалдиса квешаб махI букIунин абун.
Божуларев ватани, гьев аскIове ахIейин, дудаго бихьилин абун. Ханасда аскIоса индал, гьоболлъухъги ахIун, ражи-пер кваназабун буго гьес дов вазирасда. Ханасде аскIове щведал, гьесде махI бачIинчIого букIинелъун, вазирас кIал квералъ бахчун буго. Дов вазирас абураб жо битIараб букIун бугин ракIалдеги ккун, ханас жиндирго квералдалъун кагъатги хъван гьесухъе кьун буго, хасаб бакIалда вугев пуланав чиясухъе щвезабейиланги абун. КъватIиве вачIиндал, щиб ккарабилан гьикъун буго жахIдаяв вазирас. Гьалеха, кагъат босун унев вугин абидал, ханас жиндирго квералъ лъикIаб жоялъул хIакъалъулъ гурони хъвалареблъи лъалев гьев вазирас гьарун буго кагъат жинхъе кьейин, жинца щвезабилин абун.
Кагъатги босун жахIдачи ханас абураб бакIалде щведал, гьенив ватарас цIалун буго ва абун буго, гьаниб хъван бугин, кагъатгун вачIарасдаса тIом бахъеян ва накIкIдалги цIезабун жинхъе битIеян. Гьабизе жо тIагIарав гъарим ахIдезе лъугьун вуго гьеб гъалатI бугин, кагъат босун батIияв вачIине кколаанин абун. Амма пайда щиб...
Нахъисеб къоялъ лъикIав вазир, кидаго гIадин, ханасухъе вачIуна. Виххун хутIарав ханас гьесда цIехола, дуца кагътида щиб гьабурабин абун. Гьесги ккараб жо бицуна. Цинги бичIчIула ханасда, щиб ва кин букIарабали. Гьес цIехола вазирасда, аскIове къайдал щай мегIер-кIал бахчулеб букIарабилан абун. Вазирасги бицуна гьелъие букIараб гIилла.
Гьалеха, диналъул вацал ва яцал, квешлъиялъе ургъарасде гьеб кида-къадги данде багъула ва жиндего буссуна. ЛъикIав чийин абуни, Аллагьас цIунун вукIуна, хIалбихьизе балагьал тIаде риччаниги.
Хадижат Хизриева