Аслияб гьумералде

Хвасар гьарулеб дару

Хвасар гьарулеб дару

Хвасар гьарулеб дару

ХIурматияб «Ас-салам» казияталъул хъизам. Щибаб заманалъул рукIуна жинда хурхарал захIмалъабигун ричIчIуларел бакIал. Гьединаб заманалда кин рукIинелали, щиб гьабилебали ва сунда квер балебали лъаларогоги рукIуна. Заманалъухъ балагьун гIенеккун чIани гурони, тIокIаб гьабизе жоги хутIуларо.

 

Гьединаб мех МухIаммад ﷺ аварагасулги букIана. Гьелъие мисал буго, ГIаишатида цо чанго чияс бугьтан лъураб мех. Мекъабин абизеги рес гьечIеб, битIарабги гуреб, гьабизе жоги тIагIараб. Гьединаб мех Бичасул аварагасул ﷺ халалъана къогогIанасеб къоялъ. Гьел рукIана цIакъ рахIатхварал къоялги.

Гьединалго заманаби хадурккунги гIемер лъугьана. Гьеб буго Аллагьасул нух. БатIалъи гьечIо, нилъер заманалдаги гьединалго лъугьа-бахъинал ккола. Щибаб мехалда букIуна жинда хасаб захIмалъигун къварилъи. Кинаб бугониги бичIчIулареб жо лъугьунеб мехин кколеб питнаялъул заманалдансаги. Кинабго лъугьа-бахъунеб бихьулеб ва лъалеб заман квешабин абизе рес гьечIо.

Гьединаб мехалда щиб гьабилебин абураб пикру хIалтIула щивав чиясул ботIролъ. Гьелъие жаваблъун букIина кинаб заман ва захIмалъи бачIаниги нилъеда тIадаб бугин шаргIалъул нух кквезеян абуни. Гьединго, питнаялде гьоркьоре лъугьинчIого чIезеги хIаракат бахъани, лъикI буго.

Гьединаб заманалда цо-цо чагIаз хIаркат бахъулеб батула лъугьа-бахъунеб бичIчIизеян яги питнаялдаса цIунизеян суалал кьун, гаргар гьабун, жигарчилъи бихьизабизе. Гьелдалъун кигIан лъикIаб мурад бугин гьезда ракIалде кканиги, зарал гуреб жоги букIунаро.

Амма гьединаб заманалда гIалимзаби руцIцIун чIезе лъикIаб гьечIо. Жибго гьезда лъазе ккола кинаб лъикIаб, кинаб квешаб рахъ бугебали. Щибго жо лъалебги гьечIого, цояб рахъги ккун чIеялъ, питнаялде гурони рачунаро. Гьединлъидалин гIелму бугез хIаракат бахъизе кколеб хIакъикъат бичIчIизабизе ва цогидалги кантIизаризе.

Гьаб заманалда халкъалда гьоркьоб лъугьа-бахъунелъулъ халлъулеб буго цо-цо цIаларал гIадамазе щибго ургъел гьечIеблъи халкъалда гьоркьоб бугеб бичIчIунгутIиялъул. Цоялин абуни жидерго хасал мурадазе гIоло, хIакъикъат добегIанги рехун, битIараб гуреб рахъалда чIезе хиялазда руго. Гьелде тIадеги, щибго гIайиб гьечIеб халкъ жидедаго хадуб цIазейин абун хIалтIулелги руго.

Щибго ургъел гьабичIого дорегIан чIеялъги хIасил лъикIаб кьоларо. ХIакъикъатго цIехечIого, мекъаб рахъалъухъги балагьичIого, хасаб мурад бугеб рахъалда чIеялъ питна цIикIкIун гурони, хIасил кьоларо.

Гьединлъидал, пикруги гьабун, лъугьа-бахъунелъе букIине кколеб къиматги кьун, халкъалда шаригIаталъул нухги бихьизабун, сабруялде гьелги ахIун, берцинго хьвади буго бищунго цIакъ нилъ хвасар гьарулеб дару.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...