Аслияб гьумералде

Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.

 

Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан (Тирмизи).

Нужеда бицинищ, нужер гIамалазул бищун лъикIаб, нужер ханасда аскIобги цIубалеб, нужер даражабиги бищун тIадегIан гьарулеб, месед-гIарац садакъаде бикьиялдасаги лъикIаб? Гьеб буго Аллагь ﷻ рехсей (АхIмад, Тирмизи).

Свалат-салам лъеяв Аварагасда гьикъидал бищун Аллагьасе ﷻ бокьулеб гIамал щиб кколебин, Аварагас ﷺ абуна, Аллагь ﷻ рехсолаго хвей бугилан (ТIабарани).

Дун МигIражалде вачараб сордоялъ цо чи вихьана ГIаршалъул нуралъулъ тIерхьун. Дица гьикъана гьев малаикищин? Гурилан жаваб кьедал, нахъеги дица гьикъана аварагищин? Гурилан абидал, гьикъана щивха гьевилан? Дида абуна гьев вугин дунялалда Аллагь ﷻ рехсолаго мацIги бакъвачIев, мажгиталда ракIги хурхарав, эбел-инсуде гIадамалги хьандезе тIамичIев чийилан (ибну Аби-Дуня).

Гъапулазда гьоркьов Аллагь ﷻ рехсолев чи бакъвараб гъотIода бижараб гIурччинаб гIаркьелалда релълъун вуго (Анас бину Малик).

 

МухIаммад МухIидинов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...