Аслияб гьумералде

КIиябго рукъалъул талихI

КIиябго рукъалъул талихI

Нилъер заман ккола кьер-кьераб, гIемераб квен бугеб, амма шукру дагьаб. Гьебги ккола ТIадегIанав Аллагьасул нилъеде бугеб рахIмат бичIчIунгутIи. Цо-цояз абулеб рагIула черхалъ тIалаб гьабураб кваназе кколин абун. Гьеб жагьиллъи ккола.

Щайгурелъул, нилъ диналъ напсалъе бокьараб гьабиялде ахIулел гьечIелъул. Авараг накълулъун хадуб тIоцебе баккараб бидгIа чехь цIезегIан кванай бугиланги буго. Чиясул тIабигIат, сахлъи, пикру ва цогидалги гIемераб пишаби кванда барал руго. Унгоунгояб ракъи гьаб дунялалъулги къиямасеб къоялъулги талихI ккола. Абу Гьурайратица бицун буго:

«Цо къоялъ дун аварагасухъе щведал, гьев дида гIодов чIун как балев ватана. Дица гьесда гьикъана щай гьедин балеб бугебилан. Гьес абуна вакъиялъилан. Цинги дун гIодана. Хадуб аварагас абуна: «ХIакълъунго, къиямасеб къоялъул захIмалъи бихьизе гьечIо гьаб дунялалда вакъун вукIарасда», - абун.

Цо заманалда Аварагасул яс ФатIима гьесда аскIой ячIун йиго, цо чадил кесекги босун. Аварагас гьелда гьикъун буго гьаб щибилан. Гьелъ абун буго гьаб бугин дицаго бежараб чадил кесекилан. Цинги Аварагас абун буго гьаб бугин лъабго къоялда жаниб дур инсуца тIоцебесеб кIалдиб лъураб квенилан.

Ракъул бицунеб мехалъ имам Шамилги гьесул муридзабиги ракIалде щола. Доб заманалда букIараб захIмалъи-къварилъиялъ, ракъи-къечалъ къиямасеб къо бачIанилан кколаан. ЧIаго хутIаразда хваразул бакIалда жал рукIараланиян ракIалде кколаан. Гьез гьениб щивас кваналеб букIаралдасан ккола чIералъул мугьал.

Имам Гъазалияс «ИхIяалда» хъвалеб буго квен дагь гьабиялъул анцIго мунпагIат бугилан.

ТIоцебесеб, ракI бацIцIалъи. ГIорцIун вукIунесул ракI бецIлъула ва жо бичIчIиялъе гьев бакIав лъугьуна. Лукъманил ХIакимица абун буго чехь цIезабулесул пикру кьижун букIунин, гьев хIикматалдалъун кIалъаларин ва гIибадаталъе чорхолъ къуват хутIуларин абун.

КIиабилеб, ракI тIеренлъи. Абу Сулайман Даранияс абун буго гIибадаталъулъ бищунго гьуинлъи дида батанин мугъ чехьалда рекIараб мехалдайилан.

Лъабабилеб, ракI бекун вукIин ва Аллагьасда цеве живго гIодовегIанлъун вихьи. Аварагасе дунялалъул хазинаби тIаса рищизе ихтияр кьедал, гьес къабул гьабичIо ва абуна: «Дун цо къоялъ вакъун вукIина, цогидаб къоялъ гIорцIун вукIина. Вакъидал сабру гьабила, гIорцIидал шукру гьабила», - ян (ат-Тирмизи).

Ункъабилеб, вакъун вугесда Аллагьасул гIазаб кIочонаро ва гьесда ракъун хутIарал ракIалде щола. Юсуф аварагасда гьикъун буго: «Дунялалъул хазинабиги кодор рукIаго мун вакъун щай чIолев», - илан. Гьес абун буго, жив хIинкъун вугин ракъун хутIаразул хIал дида кIоченин абун.

Щуабилеб, шагьватазде дандечIей бигьалъи ва квешалдалъун амру гьабулеб напсалда тIад кверщел гьаби. Шагьватазе къуват щола кванидалъун. Гьединлъидал квен дагь гьабидал, шагьватазул къуватги дагьлъула.

Анлъабилеб, гIемер кьижи нахъчIвай, ва къаси гIибадат гьабизе вахъине бигьалъи. ГIемер кваналев гIемер лъим гьекъеялде цIала ва гIемер лъим гьекъолев чи гIемер кьижиялде цIала.

Анкьабилеб, гIибадаталда тIадчIеялъе бигьалъи. Чехь цIезабулесул кванда нахъа гIемер заман хола.

Микьабилеб, чорхол сахлъи букIин ва унтаби нахъчIвай. Сахлъи гьечIев чиясул Аллагьасе гIибадат гьаби захIмалъула.

ИчIабилеб, кванихъ унеб гIарац дагьаб букIин. Гьеб цогидал лъикIал пишабазе хIалтIизаби

АнцIабилеб, квенги дагь гьабун нахъе хутIараб садакъаде ва мискин-пакъирасе кьезе рес щвей.

Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула гьанже ракъунищинха чIелелилан. Гьелъиеги имам Гъазалияс жаваб кьун буго гьадин: «Квен дагь гьабизе ракIалде ккарас гьеб гьабизе ккола дагь-дагьккун. ГIемер кванан ругьуназе, хехго квен дагь гьабуни, захIмалъул ва гьев загIипавлъун лъугьуна», - ян.

Цогидазда ракIалде ккола кваница къуват кьолин абун. Гьебги мекъи буго. Нилъер сайид Абубакр ас-Сидикъасул бицунаго абула, гьесул хIалакълъи сабаблъун, ретIараб тIажуцин тIад чIолароанин абун. Амма гьедин вукIагоги гъазаватал гьарулаан. Гьеб ккола Аллагьасде бугеб божиялъул къуват. ХIакъикъиял бусурбаби нилъ ратани, гьединабго божи букIине ккола нилъерги.

Гьединго, нилъеца лъималги хIал гьабун кваназе тIамизе кколаро. Щай абуни, чорхое гьелдаса кIудияб зарал букIиналъ ва гьел кIвахIалал лъугьине рес букIиналъ. Чехь гIорцIун хьвадулесул ракI къасаватаблъун лъугьуна, гIадамазда гурхIел гьечIевлъунги вахъуна.

  • ХIалалаб квен квине тавпикъ кье, Аллагь,
  • Илагьияб нуралъ ракI бацIцIад гьабе.
  • ХIарамаб тIагIамги - кIудияб балагь,
  • КIиябго рукъалда ниж хвасар гьаре.

САИД ЗАЛУМХАНОВ

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...


КIудияб бергьенлъи щвела

ЗулкъагIида ккола бусурбабазул моцIрол календаралъул анцIила цоабилеб. Жибго «къагIада» абураб рагIул магIна ккола «гIодов чIей», яги хIалтIи гьабичIого чIей. Гьедин моцIалда цIар тарабги букIана гьеб заманалда гIадамал рагъ-кьал гьабиялдаса нахъекъан чIолеллъун...


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...