Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул къадру-къимат

ГIалимзабазул къадру-къимат

ГIалимзабазул къадру-къимат

ГIалимзаби ккола аварагзабазул ирсилал. Щайин абуни, дунялалъул рокъоб цо чи хведал, ирсалъе гьес боцIи-мал тола. Амма Аварагас ﷺ дунял тун унеб мехалъ нахъе щибго течIо. Аварагас ﷺ гIелму тана. Гьеб гIелму гIалимзабаз гIадамазухъе щвезабула ва тIибитIизабула. ГIалимзаби ккола гIелму тIибитIизабулел чагIи. Нилъеда тIадаб буго хIакъикъиял гIалимзабазул къимат гьабизе.

 

Интернеталдасан бихьула гIалимзаби какулел. Амма нилъ цIакъ цIодорго рукIине ккола. Нагагьлъун нуж мекъи ккун ратани, щиб гьабилеб? ХIакъикъиял гIалимзабазул гьан загьруяблъидал букIунеб. Гьезда нахъасан кIалъалел балагьалде ккезе рес буго.

ГIалимзабазул хиралъиялъул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  Муса аварагасда бицана, бищун Жиндие рокьулел чагIи гIелму тIалаб гьабулел ругинги абун.

ГIелмуялъ инсанасул къимат борхизабула. ГIелму малъизе лъугьарасги тIоцебе жиндирго напс куцазе ккола. ГIалимчиясул хьвада-чIвадиги берцинаб букIине ккола. ГIали-асхIабас абуна: «ГIелмуялъул гIодобегIанаб бакI ккола мацIалъ бицунеб, гьелъул бищун борхатаб ккола жиб лугбазда хьвада-чIвадиялъулъ загьирлъараб», - ян.

Нилъер дин букIине бегьуларо гIицIго мацIалда тIад. ГIамал гьечIезда, берцинго диналъул бицунезда бигьаго божизеги бегьуларо. Рес буго берцинго диналъулги бицун, кодоре росизе яги мекъаб нухде цIазе. ГIелмуялъул суалал рорхизе байбихьана лъалесги лъаларесги. ХIакъикъаталда гьеб жо питна буго, гIелму гьечIел бусурбаби гьелъ гуккула. Аллагьас ﷻ цIунаги.

Сулайман аварагасе гIелмуялдаги, бечелъиялдаги ва мулкалдаги гьоркьоса бокьараб тIаса бищизе рес кьедал, гьес гIелму бищана. ГIелму бищидал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  гьесие боцIиги мулкги кьуна.

Абу Дардаъ абурав асхIабас абун буго: «ГIелмуялъул цо суал лъазаби дие цIикIкIун бокьула сордо борчIун тIагIат гьабиялдасаги», - ян.

ВагIза-насихIат гьабулезе АсгIад Сагъиржи абурав шайихас абуна: «ГIадамазе вагIза гьабизе лъугьарав чиясда лъазе ккола жинца вагIза гьабулел гIадамазул хIал. Гьев чи ватани хIинкъизавун жо бичIчIизабизе кколев, Аллагьасул ﷻ  гьадинаб тамихI бугин абун бицина. Амма гьев ватани гьединал жал рициндал хIинкъулев чи, гьев тIовитIила хьулаздалъун, Аллагьасул ﷻ  рахIматалдаса хьул къотIизабичIого.

Гьединго Абу Дардаица абуна: «Ле, гIадамал, нужее щиб, дида рихьулел руго гIалимзаби тIагIунел рукIин ва жагьилзабаз гIелмуги лъазабулеб гьечIо. Нужеца лъазабе гIелму ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  дунялалдаса нахъе босизегIан. ГIелму нахъе босани гIалимзабиги тIагIуна», - ян.

Жакъа гIелму лъазабизе нилъее рес кьун буго. КигIан дагьаб бугониги рес бугеб мехалъ лъазабизеги ккола. Дагь-дагьккун гьеб данделъула ва ахиралда гьелъул пайдаги батула.

Гьединго гьес абуна гIадамал Къиямасеб къоялъ рахъинарулин жидеца гIумру тIамураб къагIидаялъ. ГIалимчилъун хун ватани, гIалимчи гIадин вахъинавула, жагьилго хун ватани, жагьилчи гIадин вахъинавула.

Абу Дардаица абун буго гIалимчилъун, яги мутагIиллъун, ялъуни гIелму тIалаб гьабулевлъун вукIаян. Ункъабилевлъун вукIунгеян.

ГIумар ибну ХатIтIабица абуна: «Инсан рокъоса къватIиве вахъуна мегIергIанасел мунагьалгун. ГIелмуялъухъ гIенеккидал ва хIинкъидал, мунагьалги тун, рокъове гьев вуссуна мунагьал гьечIев гIадин. Нужеца гIалимзабазул мажлис тоге. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  дунялалъул ракьалда бижичIо гIалимзабазул мажлис гIадинаб хирияб бакI», - ян.

Ибну МасгIудица абуна гIелму кколарин гIемераб жо бицин, гIелму кколин Аллагьасдаса ﷻ  хIинкъи. ГIелму нилъеца тIалаб гьабула Аллагьасдаса ﷻ  хIинкъизелъун.

Абу Гьурайратица бицана: «Дагьаб мехалъ гIодовчIун дин бичIчIизе дие бокьула рогьинегIан сордо (гIибадаталда) тIибитIизегIан», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....