Аслияб гьумералде

«Гукканаха, дуниял, дуца дун»

«Гукканаха, дуниял, дуца дун»

«Гукканаха, дуниял, дуца дун»

Щивав чиясул хасаб заман букӀуна жинцаго гьабулеб квешаб гӀамал бичIчӀулеб. Кида-къадги инсанасда бихьичӀого хутӀуларо гьеб квешлъи. Цинги, гьеб гӀамалги тун, лъикӀаб рахъалде вуссине ккани, бищун цебе инсанас щибха гьабулеб? Жиндир ккараб мунагьалдаса тавбу гьабула. ГӀалимзабаз абулеб буго, лъикӀал гӀамалазде чияс гали тӀамилалде цебе гьесие тӀоцебесеб галилъун, гьеб нухде кавулъун тавбу бугин абун.

ЛъикӀаб рахъалде чи вуссине ккани, гьесда квешлъи бихьизе ккола. Квешлъи бичIчӀаралдаса нахъе ракӀ бухӀичӀого букӀунаро. Гьединлъидал, лъикӀлъиялде чи вуссиналъе тӀоцебесеб гали буго тавбу.

Чиясул ракӀ буго аслуялдаго бацIцӀадаб. КигӀан квешавги чиясда, мунагь гьабулеб мехалъ, ракӀалъ квешлъи букӀин бицинчӀого толаро. Кинниги нафсалъул квешлъиялда рекъон, гьеб мунагьги гьабула.

Чи вукӀине рес буго гӀумруялъго квешлъиялда, чӀахӀиял мунагьазулъ тӀерхьун. Кинниги кӀудияб мунагьазулги кӀудияб ккола Аллагьасул рахӀматалдаса чиясул хьул къотӀи, тӀаса лъугьинарилан ккей. Чи вукӀине рес буго бусаде ккарав, гьанже гурони гьанже рухӀ бахъиялде ккарав. Кинниги хьул къотӀизе бегьуларо Аллагь тӀаса лъугьиналдаса. Щайгурелъул, Аллагьасул гӀадлуялда бащад, гьелдасаги цӀикӀкӀун рахӀму-гурхӀелги буго цӀакъ гӀатӀидаб. ХӀадисалда буго: «ХӀакълъунго БетӀергьан Аллагьас лагъасул тавбу къабул гьабула мукъулукъиде рухӀ щвезегӀан», - абураб. Гъваридго кӀал чурулелъул нилъер лъим щола мукъулукъил тӀараде, гьеб бакӀалде рухӀ щвезегӀан гьабураб тавбу къабул гьабизе Аллагь хӀадур вугеб мехалъ, нилъер хьул къотӀиялъе гӀилла буго яги лъангутӀи (Аллагьасдаса гъапуллъи) яги шайтӀаналъ гукки.

Цо кӀудияв чи вукӀанила больницаялда вегунилан бицун буго ГӀабдулжалил-афандияс. Гьев чияс абун буго гордухъе вачейин жив. Гордухъанги валагьун, бетӀерги гьанкӀезабун, гьес абунила: «Гукканаха, дуниял, дуца дун», - илан. Ва тӀокӀаб рагӀиги абичӀого, нахъги вуссун, бусада веганила. Къокъабго заманалда жаниб гьев хванила. Гьебги бицун устарас абуна: «Гьеб гурищ тавбу», - ян.

РекIелъеги биччачIого кӀалалъ «астагъфируллагь» аби тавбу кколаро. Тавбу ккола чиясда гӀамалалъул квешлъи бичIчӀи ва ракӀ бухӀи.

Тавбуялъеги руго чанго шартӀал:

1. Мунагьалдаса ракӀ бухӀи.

2. Мунагь тей, гьелдаса ратӀалъи.

3. НахъвуссунгутӀиялъе хивал гьаби.

4. Ккарал хӀукъукъал рецӀи. (Тараб как бецӀи, гӀадамаздехун ругел налъаби нахъе кьун яги гьел тӀаса лъугьинарун гӀадинал).

Гьединго, мунагьазде рачунеб гьалмагълъиги тей.

Тавбу тIалаб гьабурасул къиса

Цо чи вукӀаравила 99 чи чӀварав. Гьев вачӀун вуго насранияв гӀалимчиясухъе, жиндие тавбу букӀунищилан гьикъизе. БукӀунарилан абидал, гьевги чӀван гургин гьабун буго гьес сияхӀ. Хадубги рагӀун буго исламалъул гӀалимчи вугин гьелъие нух балагьизе кӀолевилан абун. Гьевги цӀехон щведал, гӀалимчияс бицуна Аллагь гурхӀулев вукӀиналъулги, гьарун вачӀарав нахъчӀвалареблъиялъулги. Кинниги дуца мунагьалде вачунеб бакӀги гьалмагълъиги тезе кколин тIадеги жубала. Малъарабги гьабун унаго, кIиго шагьаралда гьоркьоб бакIалда хола гьев. РачӀуна рахӀматалъулги гӀазабалъулги малаикзаби. Мунагьал гӀемерав вугин гӀазабалъулаз, тавбу гьабуравин рахӀматалъулаз цӀацӀалев вукӀуна. Цинги хӀукму ккола кинаб шагьаралде гӀагар ватаниги гьелдаса рикӀкӀине. Манзил борциндал гьев ватула тавбу гьабун унев вукӀараб шагьаралде рокьоялъул манзилалъ гӀагарда. Цинги рахӀматалъул малаикзабаз вачун уна тавбу гьабуравлъун.

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...