Аслияб гьумералде

Ният – гIамалалъул хан

Ният – гIамалалъул хан

Ният – гIамалалъул хан

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIамал къабул гьабиялъе лъураб бищунго кIудияб шартI буго рекIелъ ният букIин. Ниятги, Аллагь ﷻ тун батIияб жоялдаса, бацIцIадаб букIин. БацIцIалъиги жиндилъ Аллагь ﷻ разилъиялъул цIураб букIин.

 

Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Щибаб гIамал нияталда бараб буго», - ян. Хириясул ﷺ хIадисалда нахърилълъун нилъеца яхI бахъизе ккола щибаб гIамалалда цебе ният гьабизе.

ГIамал гьабулелъул ният бацIцIад гьабуни, Аллагьасе ﷻ гIоло абун, гьеб гIибадатлъун хъвала. Аллагьасе гIололъун ният гьечIеб гIамал, кигIан кIудияб бугониги, Аллагьасда ﷻ аскIоб къадру, къабуллъи гьечIеб букIуна. Нилъ бищунго хIинкъизе ккараб жоги буго гьеб. Щайин абуни, гIамал гьабулелинги рукIун, гьабунщинаб гIамал гIибадатлъун хъвачIеблъун батизе рес бугелъул гIамалазул тIахьазда. Гьеб хъвангутIиялъе гIиллаги – ният гьечIолъи. Ният бугони кIалалъ абураб, цин рекIел тIинде лъугьун хIисабалда гьелъул бацIцIалъи цIехезе ккейги шартI буго. Аллагьасда ﷻ нилъер ракI бихьулеблъидал, гьелда жаниб Аллагь ﷻ рехсей батичIони, лугбал регун ккезегIан гIамал гьабизе нилъ гьаруданиги гьелъул пайда бахунаро. Гьединаб гIамалалъул гIибадатги лъугьунаро, гIибадатлъун лъугьинчIеб гIамалги, гIоралъ босун араб гIарац-меседалда релълъуна, жиндир багьа бугеб, амма хайир гьечIеб.

Ихлас абураб берцинаб рагIи цIакъ рехсола диналда. Борхатаб зобалда бакъгIан гвангъараб, бецIаб сардилъ моцIлъун кунчIараб, канчIаб гIидраялда тIегьлъун жиндир берцинлъи цIакъаб, цIалеб хIухьелгIанги нилъей хIажатаб рагIилъун буго ихлас. Гьелъул хиралъи борцине дунялалда бугебщинаб гIарац-месед данде гьабун багьа гьабуниги, гьелъул багьа гьабунги нилъехъа рагIалде бахъунаро. Щайин абуни, ихлас бугелъулха Аллагьасе ﷻ, Аллагьасул ﷻ разилъиялъе гIоло абун гIамалги гьабун, Аллагьас ﷻ къабул гьабиялъул мухъилъ гьеб чIезабулеб жолъун. Ихлас рекIелъ букIун хадуб, ниятги цадахъго букIунеб жо буго, ниятги ихласги цадахъ букIун гьабураб гIамалги жиндир хиралъи нилъ рижарав Аллагьасда ﷻ гурони лъазе рес гьечIеб, жиндир багьа тIокIаб къиматаб жавгьарги буго. Аллагь ﷻ абураб гуреб жо гьелъулъ гьечIелъул ва ихласги Аллагь ﷻ тун нахъияб жо нахъчIвайлъун бугелъул. Гьанже хIисаб гьабеха, гьединаб къимат тIокIаб жавгьарлъун бугеб гIамал нилъер гIамалазул тIехьалда чандай бугеб? РакI-ракIалъ гьелъий жаваб балагьани, ракI бацIцIадго гьелъул хIисабги гьабуни, рекIел хIал хьолеб къагIидаялъ бугодай гIамалазул иш? ГIамал гьечIони, щиб босун инел ахираталде? Щибаб минуталъ, секундалъ нилъ ахIулел ругелъул ахираталъ ва гьелъ ахIанагIан гьелде гIагарлъулелги ругелъулха. Амма рагIулеб бугодай нилъеда гьеб ахIи?

Нилъер черхалъе рухIго гIадин хIажат буго гIамалалъе ниятги. РухI гьечIеб черхалъул дунялалъе пайда букIунаребго гIадин, ният гьечIеб гIамалалъул ахираталъеги букIунаро пайда. Ахираталде босизе, Аллагьасул ﷻ цIадирабазда цIазе ва Аллагьасул ﷻ разилъи щваралдалъун букIине гурони гьабураб гIамал буго, гIадада гьаби гурони, мунпагIат гьечIеб жо.

Хирияв Аварагасул ﷺ хирияб наслуялдасан кколев, нилъер заманалъул дунялалда цIар арав гIалим МухIаммад Ас-Сакъафица абуна: «Бищунго кIудияб нилъее хирияв Аварагас ﷺ кьураб дарслъун буго, нилъ Аллагьасде ﷻ щаклъи гьечIого гIагарлъилъун жиб бугеб, щибаб гIамалалъе битIараб ният гьабизе лъай, ругьунлъи. Гьебги буго гIелмабазулги гIелму, жиндир лъай-гъварилъи кIудияб ва жибги чара гьечIого щивасе къваригIунеб. Хирияс ﷺ абун бугелъул, гIамалалдаса хирияб ният бугилан», - абун.

БацIцIадаб ният гьабизе лъай буго бищун кIудияб рухIияб хазина. Диналъул бичIчIи бугесулъ букIунеб хазинаги буго гьеб. РухIияб рацIцIалъи камиласул киналго гIамалазулъ бакулеб чирахъги буго ният бацIцIалъи.

Аллагьасе ﷻ гIоло абун цо лъикIаб ишалъе ният гьабуни, амма щибниги квалквал ккун гьеб рагIалде бахъинабизе рес ккечIони, Аллагьас ﷻ нилъер нияталда рекъон гьеб гIамал гьабураблъунги хъвалин абула. ГIамал гьабизе рес ккей-ккунгутIи Аллагьас кьолеб жолъидал.

НекIо заманалда халатккун бакъ багIаридал, жугьутIазул чIей бугеб бакIалда кутакаб ракъи кканила. Гьезул росабалъеги щун, гьениб бугеб ракI гурхIараб хIалги бихьун, нахъе унев Аллагьасдаса ﷻ хIинкъарав чияс абунила: «Я Аллагь, гьаб салул авлахъ ролъуде сверулебани, дица гьелъ киналго ракъарал жугьутIал кваназарилаан», - абун. ГьебсагIаталда гьев чиясул къавмалда гьоркьов вукIарав Аллагьасул ﷻ валиясде, илгьам гьабун, ахIанила: «Дуца абе дир пуланав лагъасда (дов чиясул цIарги абун), гьесул бацIцIадаб нияталъе гIоло, Аллагьас гьесие доб салул авлахъ ролъудеги сверизабун, гьеб кинабго жугьутIазе садакъаде кьеялъул кири хъванилан абун. Дир лагъзадерида гурхIарасда, Дир гурхIел кутакаб буго», - ян.

Аллагьасул кIудияв вали, гIалим, табигIиназда гьоркьов цIар арав загьид ГIабдуллагь ибн Мубарак хIежалъул заманалда Масжидул ХIарамалда Маккаялда вукIанила.

Цо хIежги тIубан гъапуллъун кколев гIадин вукIаго, гьесда цеве рещтIанила зодиса кIиго малаик ва цояс цоясда абунила: «Исана хIеж гьабунщинав анлънусазарго хIажичиясул хIеж къабул гьабуна Аллагьас, Дамаскъалда вугев хьитазул устар ГIали ибн Муввафакил цо лъикIаб гIамалалъул хIурматалъе гIоло. Гьев чиясул ният букIана исана хIеж борхизе, амма гьесул гьеб тIубачIого хутIана, гьелдаса цебе гьес регIизабураб цоги Аллагь ﷻ разияб гIамалалъ. Ва гьеб цо гIамал кIодо гьабун, анлънусазарго хIажичиясул хIеж тIубаялъул гIамал Аллагьасги ﷻ къабул гьабуна», - ян.

ГIабдуллагь ибн Мубарак вигьун вачIанила ва хIикмалъун, жиндаго рагIаралдагун бихьаралда тIад ургъизе лъугьанила. ГьебсагIаталъ гьев Дамаскъалде ине нияталда тIаде вахъанила ва гьеб шагьаралде сапарги бухьун, цебехун унеб къапилаялде жуванила. Гьеб къапилагун Дамаскъалде щведал, ГIабдуллагь ибн Мубаракица хьитазул устар валагьанила. Ва тIоцебесеб суалги гьединаб кьунила: «Кинаб лъикIаб гIамалги цебеккунго гьабун, дур хIеж тIубачIого хутIараб?» - абун.

ГIабдуллагь ибн Мубарак гIадинав цIар рагIарав гIалим, Аллагьасул ﷻ хирияв вали, живги цIехон вачIиндал, хьитазул устар гIакълуялдаса уна. Цо заманалдаса вигьун вачIиндал гьес гьадин бицуна: «Лъеберго сон ана дир хIеж гьабизе бокьун, гьелъухъ гIащикълъун, анищазда. Щибаб тIокIлъанщинаб диргьам данде рехун, гьелъие дагь-дагьккун гIарац нахъе лъолаго ана дир гIемерал сонал. Киниги бакIаризе кIвана хIажатаб лъабнусго диргьам. Дир рохалие гIурхъи букIинчIо. Дица хIежалде вахъине ният гьабуна. Гьедин рукIаго, цо сордоялъ лъимаде йигей дир лъадуца гьарана, мадугьалзабазул рахъалдасан бачIунеб гьан бежулеб махIги чIван, цо гьитIинаб кесек кьейин гьаризе инарищилан абун. Лъадул гьари тIубазе къватIиве вахъарав дун, мадугьаласул рагьде щвана. Ва гьенив дида дандчIварав мадугьаласда лъадул бугеб гьари бицун кIалъана. Дир гьари рагIидал мадугьал гIодана ва абуна: «Гьале анкьабилеб къо буго дир лъимал-хъизан ракъун, щибго кваназе жо гьечIого хутIаралдаса. Гьанже рокъове тIадвуссунелъул, рес къотIиялъ, нухда батараб хвараб (балкан) жоялъул гьан босана къотIун рокъобе. Гьеб бежулебги буго гьанже, гIодулел лъимал гIодоре руссине гIоло. Дида кинго хIалалаб квен гьезие кьезе батичIони, дица гьел хIарамалдалъун кваназаризе ккола», - ян. Гьеб хабар рагIидал дир черхалдаса цо жо тIун араб гIадаб хIал лъугьана. Дицаго чанго соналъ хIала-балалъ хIежалъул ине данде бакIарараб лъабнусго диргьам гьесие кьезе пикру ккана ва нахъбахъичIого гьесухъе гьебги кьуна. Гьелдаса хадуб дица Аллагьасдаги ﷻ гьарана: «Я Аллагь, дуца дир мурадлъун букIараб жо дие кье, Дуда гьелъие хIалкIолелъул», - абун.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги ният бацIцIадаздаса.

 

ПатIимат ХIасанова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...