Аслияб гьумералде

Гiужда как бай

Гiужда как бай

ГIужда как бай буго чиясул талихI. Щайин абуни, нилъ Аллагьас рижун руго гIибадаталъе. Гьебги буго нилъер умматалда хасс гьабураб гIамал. ХIисаб гьабе, авараг мигIражалде араб сордоялъ Аллагьас тIад гьабулеб букIараб кIикъоялда анцIго какил. Гьанже нилъеца балеб кинниги кIикъоялда анцIабго базе ккарабани, чиясе цоги ишалде машгъуллъизе заманго гIелароан.

Амма, аварагасул гьариялдалъун, гьел какал щугоялде ккезаруниги, гьезухъ БетIергьанас кьолеб кири кIикъоялда анцIабго барабгIанасеб буго. Аварагас бицун буго, мигIражалде араб сордоялъ, Аллагьас кIикъоялда анцIго как тIадаблъунги гьабун тIадвуссунаго, анлъабилеб зодов ватарав Муса аварагас «Гьел какал разе дур умматалъе захIмалъула, тIадвуссун гьаре БетIергьанасда бигьалъи гьабеян» малъун Аллагьас гьел щугоялде ккезаруна ва абуна:

«Сордо-къоялда жаниб балеб гьеб щуго как буго жидер щибалъе анцIго как барабгIанасеб кири хъвалеб, жалги кIикъоялда анцIгояллъун кколел», - ан.

Гьедин бугелъул, нилъее рекъараб букIина гьел гIужда разе, хIалкIун жамагIаталда. ЖамагIаталда бараб какил кириги, нилъеда лъала, къоло анкьиде бахинабулеблъи. ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго:

«Нужеца тIадчIей гьабе паризаял какал гIужда ва камилго раялда», - абун (сура «Бакъарат», 238-абилеб аят). Цоги аяталда буго: «Нуж лъикIлъаби гьаризе гIедегIе», - ян. ГIужил авалалда как баялдаса лъикIаб гIамалги щибха букIинеб?

ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Нужеца хехлъи гьабе Аллагьас нужер мунагьал чурулел ва Гьев нужеда гурхIулел лъикIал гIамалал гьариялде», - ян (суратул «ГIимран», 133-абилеб аят).

ГIужда бараб как мунагь чуриялъе сабаблъун букIуна. Суннатаб буго, гIуж щведал как базе, гIужил авалалда как баялъул хиралъи хIасуллъизе. Амма гIужил авалалда как баялъул хиралъи борчIун кколаро, как баялъе къваригIунел цо-цо сабабазда машгъуллъунин абун.

Имамасеги суннатаб буго гIужил авалалда как баялда тIадчIей гьабизе. Амма как ахIун хадуб, гIадамал какде рачIинегIан дагьаб заманалъ балагьун чIела гьевги. Дагьаб жамагIатгун гIужил авалалда барабги хирияб буго, гIемералгун дагьаб хадуб баралдаса.

Ибну МасгIудица бицун буго: «Дица цо нухалда аварагасда гьикъана гIамалазул бищун хирияб щиб бугебин. Гьес абуна: «ГIужил авалалда бараб как буго», - ян.

Аллагьас тIоцебе диеги хадуб цогидазеги бичIчIи кьеги какил кIвар гьабизе ва гIужда тIобитIулеллъун рукIине.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...