Аслияб гьумералде

Балагьазулъ ругел пайдаби

Балагьазулъ ругел пайдаби

Балагьазулъ ругел пайдаби

Къуръаналда буго: «Дица нужер хIалбихьичIого тезего теларо дагьаб хIинкъи рекIелъе рехун, ракъи-къеч биччан, боцIи мукъсан гьабун, гIага-божарал хвезарун, пихъие, тIощалие зарал гьабун…», – ян.

 

Гьаб аяталда БетIергьанас абулеб буго гьабичIого теларин абун. Гьединлъидал нилъ руго бокьараб заманалда къварилъиялде ккезе рес бугеллъун. Гьелде хIадураллъун, ай гьеб ккезе букIин лъалеллъун рукIинеги рекъараб буго киназего.

Цоги аяталда абулеб буго: «ГIадамазда ракIалдейищ ккун бугеб гьез иман лъунин абун гьезул хIалбихьичIого, питнаялде ккезаричIого гьел телин абун?» – ян. (сура «ГIанкабут» 2 аят). Кинавниги чиясул хIалбихьизе буго батIи-батIиял балагьал, къварилъаби тIаде тIамун.

Гьедин ахIделеб Къуръанги букIаго, бетIер унтарабгIанасеб жо тIаде бачIине нилъер напсаз къабул гьабулеб гьечIо.

– Цониги нигIмат БетIергьанас нахъе босуларин буго гьелдасаги лъикIаб кьезелъун гурони. Гьелъул магIна кколаро жиндир бугеб боцIи хвани гьелдасаги цIикIкIун кьезе кколин БетIергьанасин абураб. Гьединги ккезе рес буго. Амма гьесие пайда бугелде хисула БетIергьанас гьесул хIал. Нилъер загIиплъиялъул рагIа-ракьанде щвей бихьуларищ, кинаб хIал нилъеего пайдаяб бугебалицин батIа бахъизе лъангутIи.

– Балагьаз гурон чуруларел мунагьал рукIунин буго нилъер. Хирияб хIадисалда буго: «Бусурбанчиясде щвараб свак, унти, ургъел, пашманлъи, кинабгIаги зарал, ракI беки, хIатта къараб зазалъул унтиялъухъги мунагьал чурула БетIергьанас», - ян.

Цоги хIадисалда буго: «Муъминчиясда яги мууъминчIужуялда, гьезул лъималазда, боцIуда балагь бугеллъун тIаса унаро Аллагьгун гьел щибго мунагь гьечIеллъун дандчIвазегIан», – ян.

– Нилъерго кIарчанлъи, хIалихьалъи ва загIиплъи лъай. Гьеб балагь бачIинегIан нилъго ханзабиян кколелъул, захIмалъи бихьидал лъала инсанасда сундул бетIергьан живго вугевали.

– Тавбу гьабиялде тIами, ракI беки, Аллагь ракIалде щвей. РахIаталда рукIаго нилъеда ракIалде щоларелъул БетIергьан, захIмалъиялде ккедал кантIула тавбуялде.

– ЗахIмалъи-къварилъиялда ругезул хIал бичIчIи. ГIорцIарасда вакъарав лъаларин абураб аби буго магIарулазул. Жиндаго захIмалъи бихьарасда лъикI бичIчIула къварилъиялда вугесул хIал.

ХIурматиял бусурбаби, гьаб дунял буго балагь-къварилъиялъул рукъ, гьаниб щибго рахIатги нилъеда бихьизе рес гьечIо. Гьединлъидал нилъ кидаго хIадурал ва мукIурал рукIине ккола балагьазда дандчIвай гьабиялде, гьеб хIехьеялде ва гьелда сабру гьабиялде. ЛъикIаб букIа, квешаб букIа, кинаб хIал тIаде бачIаниги Аллагьасдаса букIинги кIочене бегьуларо.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...