Аслияб гьумералде

Унго-унгояб рокьи

Унго-унгояб рокьи

Рокьи ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гIадамазе кьурал бищунго кIудиял рекIел асаразул цояб. Амма унго-унгояб бусурбабазул рокьи дунялалъул рокьиялдаса батIияб буго: гьеб букIине ккола Аллагьасе гIололъун. Аллагьасул Аварагас ﷺ абуна: «Аллагьасе ﷻ гIоло вокьарав, Аллагьасе гIоло рихарав, Аллагьасе гIоло кьурав, Аллагьасе гIоло нахъе чIварав – иман камилав вуго» (Абу Давуд). Гьел рагIабаздасан бихьулеб буго инсанасул рекIел хIал ва ишал Аллагь ﷻ рази гьавизе нияталда ругел мехалъ гурони иман тIубараб букIунареблъи.

 

Живго Аллагьасул Расул ﷺ мисаллъун чIола нилъее гьединаб рокьиялъе. АсхIабзабазулгун гьесул гьоркьоблъи гIуцIун букIана Аллагьасул цIаралдалъун ракIбацIцIалъиялда ва вацлъиялда тIад. Гьес абуна: «Дица Аллагь гурев чи гьудуллъун кколев вукIаравани, дица Абубакар кквелаан», - абун (Бухари, Муслим). Гьел рагIабаз нугIлъи гьабула гьезда гьоркьоб букIараб гъваридаб рокьиялъе ва божилъиялъе. Аварагасул ﷺ ГIумар-асхIабасдехун бугеб рокьи бихьулеб букIана гьесул хIукму къотIиялъул бажариялъул адаб гьабиялдалъун - гIемерал вахIяби данде кколаан ГIумарица цебелъураб жоялда. ГIалил хIакъалъулъги Аварагас ﷺабуна: «Мун дидасан вуго, дунги дудасан вуго», - ян, гьезул хасаб рухIияб гIагарлъиялда тIадчIейги гьабун.

АсхIабзабазул гIумруялъулъги нилъеда рихьула Аллагьасе гIоло рокьиялъул мисалал. Абубакарица жиндирго кинабго бечелъи къурбан гьабуна Аварагасул ﷺ ва исламалъул рахъкквеялъе, Аллагьасдехун бугеб рокьи дунялалъул жалазда ругьунлъиялдаса тIадегIанаб букIин бихьизабулаго. Ансараз Маккаялдаса рачIарал мугьажирал лъикI къабул гьарулаан ва гьезул рукъзалги мал-мулкги гьезда цадахъ бикьулаан, жалго мискинго рукIаниги. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда рехсана гьеб (магIна): «Жалго цIакъ ракъун-къечон ругониги, жидеца диналъул вац тIаса вищун гьесие хIажатаб жоги кьолел…» (сура «Ал-ХIашр», аят 9). Гьеб буго Аллагьасе гIоло гьабулеб вацлъиялъул бищунго кIудияб мисал.

АсхIабзабазул биценаз нилъеда малъула Аллагьасе гIоло бугеб рокьи цогидаздехун бугеб ракIбацIцIадаб бербалагьиялдалъун загьирлъулеблъи: квербакъиялдалъун, кумек гьабиялдалъун, адаб-хIурмат гьабиялдалъун, тIаса лъугьиналдалъун. Гьелъ жахIдаялдаса ракI бацIцIад гьабула, уммат щула гьабула. Аллагьасе ﷻ гIоло унго-унгояб рокьи ккола муъминчи хъулухъалъухъ, бечелъиялъухъ, сипат-сураталъухъ гуреб, гьесул такъваялъухъ, иманалъухъ, ракIбацIцIалъиялъухъ вокьи.

Аллагьасе гIоло бугеб рокьи ккола ракIал цолъизарулеб нур. Гьелъ бусурбаби къуваталлъун, рацIцIадаллъун, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ разилъиялде гIагараллъун гьарула. ГIагарал чагIазулгун, гьудулзабазулгун, динцоязулгун нилъер гьоркьорлъаби гIуцIарал рукIаги Аллагьасе гIоло ракIбацIцIадаб рокьиялда тIад щулалъаги. Гьединаб рокьи абадияблъун хутIула ва гьелъ инсан алжаналде вачуна.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...