Аслияб гьумералде

Аварагасул рагIаби

Аварагасул  рагIаби

МухIаммад аварагасул цо-цо хIадисал:

«Нухдаса чороклъи, квешлъи нахъе гьабиги – садакъа ккола» (Бухари).

«Паризаяб какалда хадуб бищун хирияб как буго – сардилъ бараб как» (Муслим).

«Аллагьасда божулей чIужугIаданалъе хIалалаб гьечIо, росасе бокьичIого, рокъоса къватIие яхъине» (ХIаким).

«Нужер цонигияв кьижун ккани, какичури цIигьабе» (Абу Давуд).

«Бусурманчиясул ракI бохизаби Аллагьасе бищун бокьулеб гIамал ккола» (ТIабарани).

«Дунялалъул хиралъи бечелъи буго, ахираталъул хиралъи ТIадегIанав Аллагьасдаса хIинкъи буго» (Ибну Мажагь).

«Гьабураб къотIи тIубазабуларев чиясулъ иман букIунаро» (Бухари).

«Хасият берцинлъи Аллагьасе - бищунго бокьулеб гIамал буго» (ТIабарани).

«Бищун бигьаяб гIибадат – вуцIцIун чIейги хасият берцинлъиги ккола» (Ибну Абу-Дуня).

«Рогьалил как бан хадуб, кьижиялъ рикъзи нахъчIвала» (Ибну ГIади).

«Рогьалил какде мажгиталде арав – иманалъул байрахъ кодоб ккурав чи вуго» (Ибну Мажагь).

«Хьул лъунщинаб тIагIам кванай, исрапчилъи ккола» (Бухари).

«Дуца гьоркьоб-гьоркьоб зиярат гьабе, дуде рокьи цIикIкIина» (Баззар).

«Нужеца гьабуралда релълъараб нужераздего буссуна» (Ибну ГIади).

«Жал гурхIулезда Аллагьги гурхIула» (Тирмизи).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...