Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Нусиреч буго хирияб Къуръаналда, «ГIанкабут» абураб сураялда рехсараб, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кIодо гьабураб рухIчIаголъи. Жеги гьеб буго Аварагги ﷺ Абубакар-асхIабги Мадинаялде гьижра гьабун унелъул, къурайшияздаса хвасарлъиялъе сабабалъе батарабги.

 

Нусиреч камураб бакI цохIо Антарктида гурони гьечIо. Гьезул буго 48 азаргогIанасеб тайпа. Нилъер улкаялда буго азаргоялдасаги цIикIкIун тайпа. 

Гьеб буго гIундул гьечIеб рухIчIаголъи, амма хIатIазда рукIуна гIисинал расал, батIи-батIиял гьаркьал ва сасал жидеда рагIулел.

Цо-цо тайпаби руго чорхол цIайи тIадагьаб букIиналъ, лъеда тIасанги рилълъанхъизе кIолел. ХIатIалги гьезул анкьго бутIаялдаса гIуцIарал руго.

Нусиречазул цо-цол руго цояз цогидал кваналел. Амма руго акациялъул гъутIбузда гIумру гьабурал ва гъветI-хер гурони кваналарел. Ракъун чIезеги кIола гIемераб заманалъ, хIатта чанго моцIалъ.

ГIемерисел нусиречал руго гIадамасе зарал гьечIел, зарал гьабизеги байбихьула жидеего хIинкъи халлъидал. ХIинкъи ккедал нусиреч наялдасаги квешаб буго хIанчIун унтизабизе. Цо-цо тайпа буго гIанкъраялдасаги квеш унтизабун хIанчIулел. Россиялда бищун квешаб нусиречлъун рикIуна «каракурт» абураб, гьелъ хIанчIидал загьруялда данде укол гьабизе ккола.

Нусиречалда букIунаро би, ай гьезул чорхолъ буго «гемолимфа» абураб лъамалъи. Кислородалъулгун хурхен лъугьиндал гьеб бихьула рахьгIадаб яги кунчIараб хъахIилаб кьер кинниги.

Нусиречалда кIоларо квен къулчIун бихIинабизе, гьез цин рухIчIаголъиялде тула гьеб бихIинабун тамах гьабулеб сок, цинги лъугьараб жо цIцIула эхебе.

Цо-цо нусиречал руго лъелъ ругелги, гьединал цIакъ къанагIат раккула лъелъа къватIире, гьебги хIухьел босизелъун.

Жалго гьитIинал ругониги нусиречаз хоно лъола аза-азар, амма киналго чIаго хутIуларо. ТIинчI бахъидал, квен-тIех чIезабун, гIемерисез тIалаб гьабула тIанчIазул. Руго цо-цо тайпаби тIанчIаз эбелалде гьужум гьабулелги.

Нусиречалъ хъанхъра гьабулеблъиги лъаларев чи ватиларо. ТIоцебе гьеб букIуна лъамияб, цинги, гьаваялъулгун бухьен ккедал, къвакIула.  Цо-цо нусиречаз хъанхъра хIалтIизабула парашют гIадинги. Амма жибго нусиречалда хъанхъра рекIунаро, гьелъул хIатIазда руго рекIине толарел гIисинал расал. Цо-цо нусиречаз гьарурал хъанхъраби, бакIалъулал гIадамаз, ччугIа кквезе гьин гьабизеги хIалтIизарула. Бищун къвакIараб ва халатаб хъанхъра гьабула «Дарвин» абун цIар кьурал нусиречаз.

ГIадамал хIинкъулел квешал жалин кканиги, нусиречал руго тIутI-кIкIара гIадаб, гIемерисеб мехалъ нилъее рахIатбахъи гьабулел ва батIи-батIиял унтаби росун рачIунел рухIчаголъаби лъугIизарулел жал.

Квешал нусиречаздасан рикIкIуна «Банановый паук» абураб тайпа. Гьеб лъугьуна гIадамазул рукъзабахъе, ящиказде, шкафазде, ретIел-хьиталда жанибе. Гьелъул загьру буго кутакаб. Гьелъ чан гьабула гIункIкIаздецин. Чиясда хIанчIидал тIубараб черхалда лъугьинабула кутакаб унти ва ччорбазда паралич лъугьуна, лъимералда яги херав чиясда хIанчIани анлъго сагIаталдасан хвезеги рес букIуна. Нилъер гьаниб гьеб дандчIваларо. Амма Австралиялда буго жинца хIанчIидал 15 минуталда жаниб чи хвезавулебги нусиреч.

Аслияб къагIидалда нусиречалъ квен балагьула хъанхъраги кумекалъе хIалтIизабун. «Гладиатор» абураб нусиреч буго чан гьабиялъулъ кутакалда сихIираб, гьелъ таргьа гIадаб жо гIуцIула хъанхъраялъул, цинги гьужум гьабулелъул, гьин гIадин тIаде гьебги рехун, гьенибе ккезабула чан. 

Гаваялъул чIинкIил-лъабазда руго гIажаибал нусиречал. Гьезул чехьалъул тIасияб рахъалда буго белъанхъулеб смайлик гIадаб сурат. ГIемерисел нусиречазда руго 8 бер, руго 2-12 бугелги. Канлъиги гьезда кутакалда лъикI бихьула. Хъанхърабиги рукIуна жалго жидедаго чIун гIумру тIамулеллъун.

Буго гIицIго цIунцIраби кваналеб тайпаги. «Птицеед-голиаф» абураб буго бищун кIудияб тайпа, гьеб букIуна Венесуэлалда, гьелъул хIатIазул халалъи бахуна 28 см, амма чиясе заралияб гьечIо. Колумбиялда руго цIакъго гIисинал хъанхъраби.

Киналго нусиречазул, чехь хутIун цогидаб къаркъала буго экзоскелет. Заман барабгIан нусиречалда кIоларо кIодолъизе, гьелъ гьез панцирь тIаса рехула ва бижула цIияб, кIудияб.

Нусиречаз, тайпа халгьабун, гIумру гьабула батIа-батIияб заманалъ, 15 соналде щвезегIан чIаго хутIулелги руго.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...