Аслияб гьумералде

Кванилъ гуребги...

Кванилъ гуребги...

Щибаб богорокъоб буго гӀадатияб, амма гӀемерал рахъазда хIалтIизабизе рес бугеб нигӀмат - цӀам. РачӀаха халгьабизин кин гьеб пайдаялъе хӀалтӀизабизе бегьулебали.

 

Берцинлъиялъе ва сахлъиялъе. Бокьараб нахгун (зайтуналъул, кокосалъул яги миндалалъул) хъачӀаб цӀам жубазабила, махӀ бахъине цо-кӀиго къатIра эфиралъул нахулги жубала. ХӀеренго тӀомое массаж гьабила, хадуб чурила. ЦӀамуца тӀомол хварал клеткаби рахъула, нахалъ тӀом лъалъала ва хӀерен гьабула. Унтул тӀоцебесеб гӀаламат бихьарабго, бащдаб чайдал гъуд цӀамул хинаб лъелъе бала ва багъарила. ЦӀамгӀалаб лъеца кумек гьабула щекъер унти инабизе. Кверал ва малъал цӀамул ваннабаз щула гьарула ва тIом хӀерен гьабула. Хинаб лъелъе 1-2 кIудияб гъуд цӀамул бала, багъарила ва 10-15 минуталъ кверал гъорлъ лъела.

Рокъоб ва санагӀалъиялъе. Холодильникалъуб яги шкафалъуб цӀам жанибе бараб суркIа лъела, рекӀее гӀоларел махӀал уна. ЦӀам лъикӀаб букӀуна хьитаздаса махӀ инабиялъеги щватабахъеги бан, гьел лъела хьитазда жаниб ва сордо-къоялъ тела.

ТӀагӀелал рацӀцӀад гьари. ЦӀамуца бокьараб цIарагI чуризе лъикIаб буго.

Халича цӀигьабула. ЦӀам, содагун жубан, халичаялде тӀаде бала. 15-20 минуталъ тела ва хадуб пылесос бахъила. Гьедин гьабиялъ халича гвангъизабула ва рекӀее рокьукъал махӀал инарула.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...