Аслияб гьумералде

Риидалил пихъ

Риидалил пихъ

Риидалил пихъ

ХIурматиял казият цIалулел. Риидалил гьаб заманалда Дагъистаналда цIакъ гьарзаго рукIуна батIи-батIиял пихъал. Нилъехъ гIемер рукIунел пихъалги ккола курак, гIеч, гени, микьир, цIибил, багIли, жага ва цогидалги.

 

Курак

Гьеб ккола хьиндаллъиялда машгьураб пихъ. Куракулъ букIуна 27 проценталде щвезегIан глюкоза, фруктоза, мальтоза ва сахароза.

Курак ккола калиялъул лъикIаб иццлъун. Барщараб куракул 100 граммалда гъорлъ букIуна сордо-къоялъе гIураб 12 процент калиялъул. Бакъвараб куракалъулъин абуни – 70 процент букIуна.

30 граммалъулъ букIуна 16,8 ккал, 30,2 мл лъел, 0,49 грамм белокалъул, 0,136 грамм бэнлъидул, 3,88 грамм углеводазул, 0,7 грамм клетчаткадул ва 3,2 грамм чакаралъул.

Куракалъулъ ругел аслиял витаминал.

Витамин А. Курак ккола гьеб витаминалдалъун гьарзаяб пихъ. Гьеб хIажалъула тIомое, канлъуе ва иммунияб гIуцIиялъе. 

Витамин С ва Е. Куракалъулъ бугеб гьел витаминал ккола къуватал антиоксиданталлъун. Гьел ккола имуннитет щула гьабулезул цояллъунги ва чорхол клеткабазе кколеб заралалдаса цIунулеблъунги. Гьединго, къаркъала херлъи хIинц гьабулеблъунги.

Калий. Гьеб минералалъ кумек гьабула рекIел ва нервабазул гIуцIи берцинго хIалтIиялъе. 

Диетикиял волокнаби. Гьез лъикIлъизабула квен биинабиялъул хIалтIи ва рекъезабула чехь-бакьазада жаниб букIине кколеб флора.

Япониялъул гIалимзабаз чIезабун буго куракул экстракталъ рак унтиялъул хIалтIи хIинцлъизабулин абунги. ГIалимзабаз чIезабуна куракул экстракталъ гьукъулин тIомолъ метастазал тIиритIизари. Гьединго асар гьабулин каранзул ва къечIалъул железабазда рак унти ккезе гьукъиялъеги. 

 

Руччабазе пайда

Гьоркьо-гьоркьоб хIалтIизабулеб куракалъ рекъезабула чIужугIаданалъул гормоналияб фон ва бигьа гьабула менопаузаялъул, ай климаксалъул гIаламатал. Куракулъ гьарзаго букIунеб железоялъ кумек гьабула лъимаде йигей гIаданалъул анемия ккечIого букIиналъе. Клеткаби цIилъулелъулги тIабигIиял антиоксидантаз лъикIаб хIалалда чIезабула чорхол тIом.

 

Лъималазе пайда

Куракулъ букIунеб кальций хIажалъула ракьа къвакIизабиялъе. Магниялъгун йодалъ лъикIлъизабула гIадалнахул хIалтIи ва инабула свак. Куракулъ бугеб аскарбиновая кислотаялъ иммунитет цIунула витаминал щвечIого лъималазул черх хутIараб заманалдаги. Гьеб пихъилъ букIунеб пектиналъ гъиз лъама гьабула. Куракулъ бугеб клетчаткаялъ лъималазул черх бацIцIад гьабула токсиназдаса.

Куракалъул зарал ккезе рес буго аллергия ва чакрил унти бугезе. Гьединаз курак хIалтIизабизе ккола рекъараб къадаралда.

Цо-цо диетологаз чIезабуна инсанас къойида жаниб 400 грамм куракул кваназе кколин абун. Гьелъ пайда гьабулила рекIее ва квен биинабиялъе. Гьединго гьелда гъорлъ буго чорхое кутакалда пайдаяб клетчаткаги.

Куракул пурчIуналъулъ руго аминокислотал, фермент имульсин ва беэнал нахал.  Гьелъулъ руго къанагIатал PP, B17 ва F витаминалги. Куракул пурчIуналъ кумек гьабула ургьир ругел хIутIал инариялъеги.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...