Аслияб гьумералде

Кваналаго хабар бицин

Кваналаго хабар бицин

Кваналаго хабар бицин

Нилъеда бицунеб рагIула кваналеб мехалда гаргадичIого чIезе лъикIаб бугин. Гьединго абула: «Дун кваналеб мехалда гIинкъавлъун вуго», - янги. Гьединаб къагIида шаригIаталда бугеб жо гуро. Бухарияс ва Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ аварагасе босун бачIана гьан ва гьесие кьуна ратIа.

Дагьаб жоги кванан аварагас гьадин бицуна: «Дун къиямасеб къоялъ цевехъанлъун вукIине вуго», - ян.

Хадуб аварагас бицана шапагIат гьабиялъул хIакъалъулъ, гьеб заманалда авараг кваналев ва шапагIаталъул бицунев вукIана. Гьелдасан бихьулеб буго кваналаго кIалъазе бегьулеблъи.

СахIихIу Муслималда буго, Жабир бин ГIабдуллагьидасан бицанин: «Аварагас дандежо кьеян абула. КъанцIа гурони гьечIин абидал, аварагас абула гьеб кьейилан. Босун бачIиндал, аварагас кваналаго абула, кигIан лъикIаб дандежоха къанцIа бугебилан».

Имам Нававияс абун буго: «Гьелъ тIоритIел гьабула кваналаго хабар бицине лъикIаб бугеблъиялде, кваналел чагIазул ракIгъезабиялъул мурадалда».

Ингилисазул гIалимзабаз абулеб буго кваналеб мехалда хабаркIалалда ругони, лъикIаб бугин. Масала, нилъеца хабар бицунаго гьоркьоб лъалхъи гьабула. Гьедин бугеб мехалда хехго гIорцIула, калориязул дагьаб гурони къадарги щоларо.

Гьелъ гIадал нахалъе лъикI хIалтIизе ресги кьола. Кваназе гIодор чIедал нилъеца байбихьула хехго кваназе. Гьебин абуни кколеб буго кванирукъалъе захIмалъи гьаби. Хабар бицунаго, ай лъалхъи гьабулаго кваналел ругони, кванирукъалъеги бигьалъулеб буго квен бихIинабизе.

Руго хIадисал кваналеб мехалда гаргадизе бегьуларин абулелги. Амма гIалимзабаз рикIкIунеб буго гьел цIакъ загIипал хIадисал ругин. КьучIал хIадисаз бицунеб буго аварагас кваналаго хабар бицунеб букIараблъи. Имам СахIавияс абун буго: «Гьелъул хIакъалъулъ нагью ва гьединго амру гьабулеб жо дида бихьичIо», - ян (алМакъасидул ХIасан, 510).

Амма нилъеца кваналелъул бицине ккола лъикIаб хабар, нилъее пайдаялъе батулеб. Кванда нахъа къваригIел гьечIеб бицине бегьуларо. ГIагарлъигун цадахъ кваналел ругони, бицине лъикIаб буго цоцада гьоркьоб рахIму-гурхIел цIикIкIунеб хабар.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ШАМИЛ МУХIАММАДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...