Аслияб гьумералде

Цо-цо пайдаял нигIматал

Цо-цо пайдаял нигIматал

Цо-цо пайдаял нигIматал

ЦIам

Ал-Базарица бицараб хIа-дисалда буго: «КватIичIого нуж рукIина квание цIамгIадин къваригIунеб къавмлъун», - абун. ЦIам гьечIони кванил тIагIам букIунарелъулха.

ГIабдуллагь ибн ГIума-ридаса бачIараб хIадисалдаги буго: «Ункъо нигIмат буго Аллагьас зодоса ракьалде рещтIараб: махх, цIа, лъим ва цIам», - абун.

Квание гуребги черхалъеги къваригIуна цIам. Гьелъ микробал чIвала, ругънал сахлъизарула, черх щула ва бацIцIад гьабула, квешал унтаби нахъчIвала, цаби рацIцIад гьарула, дабал щула гьарула, гьуърузул хъал бацIцIад гьабула.

Амма щибаб жого гIадин цIамги гIемер хIалтIизабизе лъикIаб гьечIо. Гьеб чорхолъа къватIибе захIматго бачIуна, хасго рищалабаздаса. Гьеб лъикIаб гьечIо бидул тIадецуй цIикIкIарав чиясе, гьелъ чорхолъ лъим чIезабула ва ракIалде хIал ккезабула.

ГIемер цIам хIалтIизаби беразеги квешаб буго, гьелъ хандроз лъугьинабула. ЦIам лъикIаб буго цаби унтараб, дабаздаса би чвахулеб мехалъ кIал хулизе.

Кваналалде цебе ва кванан хадуб цабзазда дагьабго цIам лъулъазе лъикIаб буго.

 

ЧчугIа

ГIабдуллагь ибн ГIумарица абуна аварагас ﷺ бицанин: «Нилъее Аллагьас хIалал гьабуна кIиго балкан ва кIиго би: ччугIа ва гарцI, тIул ва къечI», - абун.

ЧчугIбузул батIи-батIиял тайпаби руго. Гьезул пайда бугеллъун рикIкIуна тIагIам гьуинаб, ракьа дагьаб, хъал тIеренаб, цIакъго кIудияб ва гьитIинаб гуреб, гьан гIемераб. Ралъдалъ букIунеб ччугIа тамахаб ва тIагIамаб букIуна гIурулъ букIунелдаса. Гьелъулъ рукIуна черхалъе, хасго беразе, гIадалнахуе ва рукьбузе хIажатал жал. ЦIияб ччугIа лъикIаб буго мех бараб яги цIамхIалаб ччугIидаса.

Нахулъ бежараб ччугIидаса лъикIаб буго цIадуда, тIорччода, бухIараб къанида бежараб ччугIа, гьеб хехго бихIуна ва чорхое цIикIкIун пайда кьола. Гьединго, ччугIа кванаялъ черхалде гьан бачIинабула, керен кьолей чIужугIаданалъул рахь цIикIкIинабула, ургьисалал рацIцIад гьарула. ЧчугIа лъикIаб буго керен, тIул, ургьисалал унтаразе. ЧчугIа белъун гьабураб каша лъикIаб буго чорхолъа загьру бачIинабизе. ЛъикIаб гьечIо ччугIа кванан хадуб лъим гьекъезе, гьелъ чорхолъ унтаби ккезарула. ЧчугIа кваналалде цебеги лъим гьекъезе лъикIаб гьечIо. Гьелъ тIомол унтаби (лишай, экзема, хъирис) ккезаризе бегьула. Бищун лъикIаб буго бащдаб сагIаталъ цебе яги бащдаб сагIаталъ хадуб лъим гьекъезе.

 

 

 

 

 

 

ЧчугIа кваназе бегьуларо рахьгун, хоногун, гьангун – гьелъги унтаби ккезаризе бегьула. Чорхолъ цIорой ва риччел цIикIкIарал гIадамазе цIамхIалаб ччугIа лъикIаб буго дагьабго пер ва къанцIаги жубан. Бежараб ччугIа мех балалде кваназе ккола, цо чанго сагIаталъ яги нахъисеб къоялъ кванани, гьелъ зарал гьабула. Хасго ччугIа кваназе лъикIаб буго данде чед гьечIого, чIахI-пергун.

Жабир бин ГIабдуллагьица гьадин бицун буго: «Аварагас ралъдал рагIал бугеб рахъалдехун витIана 300 рагъухъан Абу-ГIубайда ибн ал-ЖаррахIил бетIерлъиялда гъоркь. Ракъиялъ гьез гьенир аскIор рукIарал гъутIбузул тIанхал кваналел рукIана. Циндаго ралъдалъа къватIибе рехун бачIана гIанбар (кашалот) абулеб кIудияб ччугIа. АсхIабзабаз гьелъул гьан бащдаб моцIалъ кванана, гьелъул нах черхалда бахунаан. Гьеб хабар аварагасда бициндал, гьес абуна: «Гьеб нужее Аллагьасул ризкъи буго», - ян. Нахъе хутIараб ччугIил гьан жинцагоги кванана».

 

Хъабахъ

Хъабахъ ккола Аллагьас Къуръаналда рехсараб нигIмат. Нилъер аварагасеги ﷺ цIакъ бокьулеб букIана гьеб.

Анас бин Маликица бицана: «Цо къоялъ ратIлил устарас ахIана авараг жиндихъего гьоболлъухъ. Гьес аварагасе бачIана чедги чурпаги, жинда жаниб белъараб бакъвараб гьан ва хъабхъил кескал ругеб. Аварагас гьеб лъугIизегIан кванана ва гьеб къоялдаса нахъе диеги бокьана гьеб хъабахъ», - абун.

Хъабахъ лъикIаб буго кванирукъалъе. Гьелъ къечги буссинабула. Гьеб гъорлъ белъараб лъим лъикIаб буго гьекъезе ва бетIер чуризе. Гьединго, бухIи цIикIкIараб мехалъ гьеб гьекъани, бухIи сасуна.

 

 

 

 

 

 

Бищунго лъикIал хъабхъал рукIуна чIахIиял, хъахIал, жаниса гьуинал. Гьелъ черх гьомгьоллъизабула, лъамалъи къватIибе бачIинабула, кванирукъ, чехь тамах гьабула, тIулал унти сах гьабула. Гьеб лъикIаб буго чорхолъ бухIи ва сафраъ (лимфа) цIикIкIарав чиясеги.

Хъабахъ кваназе лъикIаб буго хIавагIечгун, цIолбол, гранаталъул сокгун яги зайтуналъул нахулъ бежун. Гьединго, гьангун цадахъ ххенон кванани, гьелъул даруяб рахъ цIикIкIуна. Чорхолъ цIорой бугев чиясе (флегматик) лъикIаб буго ражигун, перецгун, занжабилгун цадахъ кваназе.

Чакаргун яги къанцIагун хъабхъил варенье лъикIаб буго гIадалнахуе, би бацIцIад гьабиялъе. Гьеб лъикIаб буго кIващул унти, простатит бугезе, кIващул пунцIила унтарав, чорхол гьава загIипав чиясе. Пайдаяб буго лъимаде ругел руччабазеги.

Гьеб буго Юнус аварагасе Аллагьас ﷻ бижараб, гьесие рагIад гьабураб нигIмат. Гьелдаса бахъулеб нах хIалтIизабула чехь-бакь бацIцIад гьабиялъе, тIулалъ, ццидал къвачIаялъулъ ругел ганчIал къватIире рачIинаризе. Хъабхъил сокалъул бащдаб стакан чайдул гъуд гьоцIогун жубан регилалде сагIаталъ цебе гьекъани, рекIее хIалхьи бачIуна ва лъикIаб макьу щола.

Чорхолъа хIутIал къватIире рачIинаризелъун лъикIаб буго 150-200 грамм хъабхъил пурчIун мачIикьаго кваназе. Гьебго кванала простатит, аденома бугев чияс, гьединго маниялъул загIиплъи букIун лъимер гьечIев чияс.

 Бащдаб стакан хъабхъил сок къойида жаниб 2-3 нухалъ гьекъезе лъикIаб буго бакьал унтарав, запор бугев чиясе.

 

ХIасан МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...


РухӀияб централда мажлис

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова гӀахьаллъана ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб РухӀияб централда Щулани росдал гӀадамаз гӀуцӀараб шукруялъул мажлисалда. Гьеб тадбир гIуцIун букIана МухӀаммад аварагасул ﷺ цIаралда бугеб мажгиталъуб чIабар...


Черхалъул хIал баччулеб

ХIатIил кӀудияб килищ гӀицӀго килищ гуро.   Гьеб чIола тӀолабго черхалъе балансировка хӀисабалда, ай гьелъ тIубараб черх чIезабула битIун, чи дове-гьаниве вортун унаредухъ. ГьитIинаб лага букӀаниги, гьелъ черхалъул 40 процент гӀанасеб къадар жиндаго баччула. Гьеб гьечӀони нилъехъа ритӀун...


«Салатавиялъул цолъи»

Казбек районалъул «Ореховая Роща» абулеб бакӀалда тӀобитӀана Россиялъул халкъазул цолъиялъул соналде данде ккезабураб «Салатавиялъул цолъи» абураб цIаралда спортивияб тадбир. Тадбиралъул официалияб бутӀаялда ва шапакъатал кьеялъул тадбиралда гӀахьаллъана: ДРялъул...