Аслияб гьумералде

Къуръан: суалал ва жавабал

Къуръан: суалал ва жавабал

Къуръаналъул хIакъалъулъ нилъеда щиб лъалеб? Кида ва кинал лъугьа-бахъиназда гьеб рещтIараб? Кинал бутIабаздасан гIуцIун бугеб Къуръан ва Аллагьасул махлукъатазул кинаб гьениб рехсараб? Гьел ва цогидал суалазе жавабал ратила нужеда гьаниб гъоркьехун.

 

  1. Лъица рещтIинабураб Къуръан?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ.

  1. Лъиде рещтIараб Къуръан?

Аллагьасул ﷻ ахирисев авараг МухIаммадиде ﷺ.

  1. Лъидалъун гьеб рещтIараб МухIаммадихъе?

ЖабрагIил малаик гьоркьов ккун, бищун гъоркьияб зодиса.

  1. Щиб сордоялъ гьеб гъоркьияб зодибе рещтIараб?

Рамазан моцIалъул Лайлатул къадриялъул сордоялъ.

  1. ТIоцебе киб рещтIине байбихьараб Къуръан МухIаммадихъе ﷺ?

Маккаялда аскIоб бугеб ХIираъ абураб нохъода.

  1. ТIоцебесеб аят рещтIараб мехалъ чан сон букIараб МухIаммад аварагасул ﷺ?

40 сон.

  1. Чан соналъ рещтIараб Къуръан?

23 соналъ.

  1. Маккаялда вукIаго чан соналъ рещтIараб Аварагасухъе ﷺ Къуръан?

13 соналъ.

  1. Мадинаялда чан соналъ рещтIараб Къуръан Аварагасухъе?

10 соналъ.

  1. Аварагасул ﷺ асхIабзабазул щив вукIарав Къуръан хъвалев чилъун?

Абу-Бакар, ГIусман, ГIали, Зайд ибну ХIарис, ГIабдуллагь ибну МасгIуд.

  1. Лъил амруялдалъун Къуръан хъвазе байбихьараб?

Абу-Бакар асхIабасул амруялдалъун.

  1. Лъил пикруялдалъун Абу-Бакар-асхIабас Къуръан данде гьабизе байбихьараб?

ГIумар асхIабасул малъа-хъваялдалъун.

  1. Чан асхIабас гIахьаллъи гьабураб цо тIехь хIисабалда Къуръан данде гьабизе?

75 асхIабас.

  1. ГIусман-асхIабасул заманалда хъварал Къуръаназул чан нахъе хутIун бугеб?

КIигояб. Цояб буго Ташкенталда, цогидаб - Стамбулалда.

  1. Чан сура бугеб Къуръаналда?

114 сура.

  1. Маккаялда чан сура рещтIараб Аварагасухъе ﷺ?

86 сура.

  1. Мадинаялда?

28 сура.

  1. ТIоцебесеб сура щиб?

Суратул «ФатихIа» буго (АлхIам).

  1. Ахирисеб?

Сурату «ан-Нас» (КъулагIузуби рабби ннас).

  1. Къуръаналъул ракI абун кинаб сураялда абулеб?

«Ясин» сураялда.

  1. Бищун халатаб сура кинаб кколеб?

Суратул «Бакъарат», гьелъул буго 286 аят.

  1. Бищун къокъаб?

«Кавсар» сура, 3 аят.

  1. Чан жуз бугеб Къуръаналда?

 30 жуз.

  1. Чан аят бугеб?

6236 аят буго.

  1. Чан аят бугеб жиб цIалун хадуб сужда гьабизе кколеб?

14 аят.

  1. Щиб сура Бисмиллагьалдалъун байбихьулареб?

«Тавбат» сура.

  1. Кинаб сураялъулъ «Бисмиллагь» кIиго нухалъ такрарлъулеб?

«Ан-Намли» абураб сураялъулъ, 1 ва 30 аятазулъ.

  1. ДугIа хIисабалда БетIергьанас ﷻ бихьизабураб сура кинаб кколеб?

Суратул «ФатихIа».

  1. Аллагьасул ﷻ чан цIар рехсон бугеб Къуръаналда?

99.

  1. Чан малаикасул цIар рехсон бугеб?

5 малаикасул: ЖабрагIил, МикагIил, Гьарут, Марут, Малик.

  1. Кина-кинал аварагзабазул цIарал рехсон ругел?

25 аварагасул цIар рехсон буго: Адам, Идрис, НухI, Гьуд, СалихI, ЛутI, Ибрагьим, ИсмагIил, ИсхIакъ, ЯгIкъуб, Юсуф, ШугIайб, Гьарун, Муса, Давуд, Сулайман, Аюб, Зулкифли, Юнус, Ильяс, АлясагI, Закария, ЯхIя, ГIиса ва МухIаммад (жидеда Аллагьасул ﷻ свалат-салам лъеял).

  1. Бищун гIемер цIар рехсарав авараг щив?

Муса авараг, 136 нухалда рехсон буго гьесул цIар.

  1. Аварагзабазул цIараздалъун чан сура рехсон бугеб?

6 сура: «Юнус», «Гьуд», «Юсуф», «Ибрагьим», «НухI», «МухIаммад» сураби.

  1. Щий чIужугIаданалъул цIар рехсон бугеб?

ГIиса аварагасул эбел Марямил цIар.

  1. Щив асхIабасул цIар рехсон бугеб?

Зайд ибну ХIарисил.

  1. Къуръан гуреб, цоги кинал цIарал абулеб Къуръаналда?

Ал-Фуркъан, Ал-Китаб, Аз-Зикр, Ан-Нур, Ал-Гьуда абурал цIарал.

  1. Чанабилеб соналъ лъурал Къуръаналда игIрабал?

Гьижрияб тарихалъул 43 соналъ.

  1. Къуръаналда бищун хирияб аят кинаб кколеб?

Аятул «Курси». Гьеб ккола «Бакъарат» сураялъул 255 аят.

  1. Кинаб шартIги цIунун хъвазе бегьулеб Къуръаналда?

Какиеги чурун.

  1. Къуръан цIунизе лъица тIаде босараб?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...