Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал

 

ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал рухIчIаголъабаздаса.

ГIанкъраялъул аслияб ярагълъун ккола гьелъул кIичIараб, бутIа-бутIа гьабун гIуцIи бугеб рачI, тIогьиб загьруяб хечги бугеб. Нилъеда бугин кканиги гIанкъраз жидерго рачIал хIалтIизаруларо кIудияб рухIчIаголъи чIвазе; гьелъул бакIалда гьез рачI хIалтIизарула цIуниялъул алат хIисабалда ва цIакъго тирха-кIочи бугеб хIайван загIип гьабизе. Жибго гьелда бугеб загьру ккола нейротоксиназ цIураб захIматаб лъамалъи, гьелъгьабулеб асар щибаб тайпаялде балагьун батIи-батIияб букIуна, бигьаяб унтиялдаса байбихьун параличалде ва согIаб унтиялде бачунеб. ГIемерисеб нухалда цогиялде тIаде кIанцIидал гьелъ хIалтIизарула цересел хIатIазда ругел гъуцIби, гьез дандеги къан унтизабула.

Инсанасе, гьезул лъалел 2400-гоялдаса тайпаялъул 25 гIанасеб гурони гьечIо хвалиде рачунел, гIемерисезул зарал кьожнаялъ хеч баялъул гIадаб бухIи гьаби буго.

ГIадатияб гIумруялда гьез бала 2-I0 сон, жанир хьихьулез 25 сонги балеб буго. Бищун кIудияб тайпалъун рикIуна императорский абураб гIанкъра, гьелъул цIайи букIуна 30-50гр, халалъи 20-23см.

ГIанкърабазул бищунго гIажаиб-лъизабулеб жо ккола гIорхъолъа арал захIматал шартIазда чIаго хутIизе гьезул бугеб бажари. Гьез гIумру гьабула авлахъазда, тропикиял рохьазда, мугIрузул тIалъиялда ва хIатта гIурулгун ралъдал рагIалдацин.

Гьезда кIола рухIарал температураби хIехьезе ва квен гьечIого моцIазги чIезе. ГIанкърабзул къолденалда (панцрь) буго хассаб гъат батIи-батIиял канлъаби тIаде кунчIидал, гьезул черх батIи-батIияб кьералъ гвангъизабулеб. Гьеб гIаламаталдалъун гIанкъраялда кIола жиндие хIинкъи бугищ гьечIищ абун халккун бахчизе яги бахчичIого чIезе.

ГIанкъра ккола къаси заманалъ жибго жиндаго чIолеб рухIчIаголъи, гьужум гьабизе гуреб, хъархъазда гъоркь яги гъутIбузда жаниб бахчун букIине бокьулеб. Къад заманалъги гьеб чара гьечIеб хIажалъи ккун гурони къватIибе бахъуларо. Гьелъ чан гьабула аслияб къагIидаялъ гьисинал рухIчIаголъабигун хъанхърабазде, жиндирго кьварарал щинкIилаздалъун гьездаги хурхун. Амма цIикIун загьро къуватаб гIанасеб гIанкъраалъул цересел хIатIал рукIуна загIипаллъун ва берциналлъун.

Хасго гIажаиблъизе ккараб жо буго гьезул цIуялъул тIанчIаздехун букIунеб ургъел. ЦIуяб ГIанкъраялъ ханал лъоларо. ТIанчIи гьарула. Эбелалъ гьабула щугоялдаса нусгоялде щвезегIан гьитIинаб хъахIаб тIинчI ва гьел гьебсагIатго эбелалъул мугъзаде рахуна. Гьедин эбелалъ гьел раччула кIиго анкьгIанасеб заманаялъ, тIанчIазе рухI щун гьел дагьал гIезегIан. Гьеб заманалда жаниб эбелаб букIуна кутакалда сабруяб, мугъалдаса цонигияб бортани цIидасан гьеб хIеренго тIаде бахинабун гIумру тIамулеблъун, гьелдаго цадахъ тIанчIи цIунун букIине ккеялъ согIаблъунги букIуна. Гьединаб бербалагьи эбелалъ гьабичIони гьел рорчIуларо. Эбелалъул гьединаб хьвада-чIвади хъанхърабазул классалъул рухIчIаголъабазулъ къанагIат гурони гьечIо.

ГIалимзабаз рикIунеб буго гIанкъра бугин чIагояб ракьул бутIаян. Ахирисеб 400 миллион соналда жаниб гьезул ДНК хисун гьечIо; гьел динозавраздасаги цере рукIараллъунги чIезабулеб буго. ГIанкърабаз гIумру гьабун буго цIорой ккараб периодалда, метеоритал ракьалде рортидалги. Гьединал заманазда гьел чIаго хутIиги рикIунеб буго дагьал гурони кваназе ккунгутIи ва радиация бугонигицин согIал климатическиял шартIазда гIумру тIамизе гьезул бугеб бажари букIиналъги.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...