Аслияб гьумералде

Гьекъолдиялъул зарал

Гьекъолдиялъул зарал

ШаргIияб хIукму пуланав чиясда билълъанхъинабизе ккани, шартI буго гьев мукаллаф, таклиф бугев вукIин. Таклиф ккола балугълъиялде вахин (14 сонги бащдабги), гьелдасаги хадуб чиясда тIад таклиф букIине ккани, дов вукIине ккола жеги гIакълу бугевлъунги.

ГIантав гурев, тохав гурев, цIодорав, гIакъилав. Аллагьасул амраби тIад къазе ккани, гIадан вукIине ккола гIакълу бугевлъун. ГIакълу буго инсанасул киналго пишаби рилълъанхъизарулеб алат, тIагIел. Щиб жо кколеб гIакълу? Гьеб ккола чиясе лъикIабги квешабги, хIакъабги тIекъабги батIа бахъизе кьураб алат. Гьебги дунявиял мурадазулъ гурел, диниял хIукмабазулъ бугеб ккола.

Къиса

Адам аварагасе бачIун буго, берцинаб тепсиялдаги лъун, лъабго жавгьар. Гьелги рукIун руго – иман, гIакълу ва яхI-намус. Цояб тIаса бищизе ихтиярги кьун буго. Нилъерго хIисаб гьабеха, кинаб тIаса бищизе букIараб? Аллагьас кьураб гIелмуялдалъун гьесда лъала гIакълу тIаса бищизе. ГIакълуялъ иманалда абула мун тIадбуссайин, Адамица жиб тIаса бищанин. Амма иманалъ инкар гьабула нахъе ине ва абула: «Дие амру букIана гIакълуялда аскIоб чIайин абураб», - ян. Цинги яхIалда абула мун нахъе айилан. ЯхIалъги инкар гьабула нахъе ине ва абула диеги амру букIанин иман бугелъуб чIайин абураб. Гьедин, бищун къиматабги тIаса бищун, Адамие щвана киналго жавгьарал.

Гьаб къисаялдасан нилъеда бичIчIула гIакълу бугев чи иман бугевги вукIунеблъи. ГIакълу къваригIунеб буго иман букIине ккани. ГIакълуги иманги бугев чиясда яхI- намусги букIуна. ЯхIги цIакъ кIудияб жо буго. Гьелъги, гIакълуялъго гIадин гьукъула инсан, гIодорегIанал пишабаздаса. Гьебги лъанлъидалха шайтIаналъги рахIатхун инсанасул гIакълу инабизе хIаракат бахъулеб. Аслиял гьелъул алаталги руго гьукъарал жал, мунагьал. Щибаб мунагьалъ чиясул рекIелъ, гIакълуялда лъола цо чIегIераб тIанкI, къасават. Гьелъ чиясул гIакълу дагьлъизабула. Амма бищун кIудияб илбисалъул алат буго хамру, мехтел.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Ле, иман лъурал гIадамал! ХIакълъунго хамру (жинца чиясул гIакълу мехтизабулеб жо) ва гьоркьоб шартI лъолел хIаял (мисалалъе, гIарац лъун кагътал хIай гIадал) ва хъанчал, пал тIамулел чIорал (гьезда релълъарал цогидалги) гIодорегIанал жал руго (къабихIал, инжитал, гьукъарал) ва шайтIаналъул гIамалалги руго, гьелъ нилъедаги берцин рихьизарурал, нуж гьелдаса рикIкIалъе, ай гьелги гьаруге, гьабулеб бакIалдеги унге. Нуж гьелдалъун, гьеб гьабичIого теялдалъун, хвасарлъизе рес буго. ХIакълъунго, шайтIаналъе бокьун буго нужеда гьоркьоб, мехтелги хIаялги сабаблъун, тушманлъи ккезабизе ва нужер ццим бахъинабизе, гьединго нуж Аллагь рехсеялдасаги какал раялдасаги рикIкIад гьаризе». (Суратул «Маидат», 90-91).

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...