Аслияб гьумералде

БидгIа кколищ?

БидгIа кколищ?

БидгIа кколищ?

ХIурматиял газета цIалулел, щибго щаклъи гьечIо гьаниб бицен гьабизе бугеб масъала нужеда рагIичIеб букIиналда. Бугониги, гьанжеги камулел гьечIо цо-цоял гьелда хурхун кIалъай гьабулел, гьеб бидгIа бугин, асхIабзабазгун салафуназ гьабичIин бицунел. Гьебги буго, нилъедаса ратIалъун арал гIагарал чагIазухъе зияраталъ ин, хабада радал-бакъанида къулгьу гьаби.

 

Дагъистаналда умумулъанго гIалимзабаз гьабулеб букIараб, гьел киналго тIад рекъараб, тIолгодунялалъулго бусурбабаз хIалтIизабулеблъун ккола гьеб иш.

Бегьуларин абулел чагIазда рагIун батила исламалъул байбихьуда Аварагас ﷺ гьукъун букIараб хабалазде зиярат гьаби, гьениб щиб бугониги гIамал гьаби. Амма гьелдаса хадуб заман индал цIидасан Аварагас ﷺ абуралъул: «Дица нуж хабалазде зиярат гьабиялдаса нахъчIван рукIана, гьанже нужеца гьенибе зиярат гьабе», - абун (Тирмизи). Гьеб хIадисалъул батIияб риваяталда буго: «… зиярат гьабиялъ дунял рехун теялде (зугьд) рачуна ва ахиратги ракIалде щвезабула», - абунги.

Хун хадуб хабалъ букIине бугеб, ахират ракIалде щвезаби, дунялалда гьабуралъул хIисаб-суал гьабизе букIин бичIчIидал дагьалъгIаги инсан кантIиларищ, квешаб гIамал-хасият хисизабизе хIаракат бахъиларищ?!

Гьелъул хIакъалъулъ имам Гъазалияс хъван буго хабада Къуръан цIалиялъул щибго къварилъи гьечIин абунги. Насаияс бицараб хIадисалда гурищ бугеб: «Нужеца нужер хваразда тIаде «Ясин» цIале», - ян абун!

Шамсудин ал-Мукъдисияс «аль-ФуругI» абураб тIехьалда хъван буго: «ГIабдуллагь ибну ГIумарица васият гьабунила жив вукъидал хабада аскIоб «Бакъараталъул» авалги ахирги цIале», - абун («аль-ФуругI», 2 т., гь. 304).

Имам АхIмадица абунин МухIаммад бин АхIмад Марвазияс бицана: «Хабаде щведал нужеца цIале суратул «ФатихIа», Къулгьу Фалакъгун ан-Нас, гьелъул кириги кье хваразе, гьезие кири щола», - ян.

Гьединго хабаде иналъе далиллъун чIола имам Бухарияс бицараб кьучIаб хIадис. Гьелъул баян ибну ХIажар ГIаскъаланияс рехсана «ФатхIул Бариялда». Маликат абурай гIадан йихьун йиго жиндирго вацасул хабаде щун зиярат гьабулей. Гьелда гьикъана Аварагас ﷺ гьеб гьукъун букIинчIищин абун. Гьелъ жаваб гьабун буго, букIанин, амма хадуб Аварагас ﷺ амру гьабунин зиярат гьабейилангиян.

Имам Загьабияс хъвалеб буго гьеб хIадис кьучIаб бугилан. Гьединго гьеб хIадис рехсана имам ХIакимицаги.

Анасица бицараб хIадисалда буго: «Хабалаздеги ун гьениб «Ясин» цIалани, гьеб къоялъ хваразе гIазаб бигьа гьабула, гьенир ругел хабалазул агьлу рикIкIун гьесие кириги хъвала», - ян.

Цогидаб хIадисалда буго: «Жиндир эбел-инсул яги цоязул хабаде зиярат гьабун, гьениб «Ясин» цIаларасул мунагь чурула», - ян. (ТIабрани)

Машгьураб хIадис буго, Авараг ﷺ пуланав кIигоясул хабада аскIосан унаго, гьенивги лъалхъун, Бичасул Расулас ﷺ гIурччинаб гIаркьел хабадаги къазабун, абураб: «…гьаб гIатIго букIаго хваразе бугеб гIазаб бигьа гьабиялде хьул буго», - ян (ибну ГIабас).

Хабада къазабураб гIурччинаб гIаркьелалъцин гьенив вукъарасе гIазаб бигьа гьабиялде хьул бугеб мехалъ, Къуръаналдаса аяталги цIалун, гьелъул кири хварасе щоларин, кьезе бегьуларин аби битIараб букIинищ?!

Абу-Гьурайратидаса бицун буго Аварагас ﷺ жиндирго эбелалъул хабаде зиярат гьабунин абун. (Муслим, Абу-Давуд, Насаи, Ибну Мажагь, ХIаким)

Рехсарал хIадисаздасанги гIалимзабазул рагIабаздасанги нилъее баянлъулеб буго зиярат гьабизе бегьи, гIибадатлъун гьеб букIин (Къуръан цIали, дугIа гьаби гIибадатлъун кин букIинареб), хIатта живго Аварагасги ﷺ гьабун бугелъул.

Аллагьас ﷻ  нилъее кумек гьабеги хIакъаб нух кквезе, гьеб бичIчIизе. ДагIбаялъул агьлуги Гьес ﷻ  нилъедаса рикIкIад гьабеги. Амин.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...