Аслияб гьумералде

Гьекъолдиялъул зарал

Гьекъолдиялъул зарал

ХIадисалда буго: «Нуж хамруялдаса рикIкIалъе, хIакълъунго, гьеб буго квешабщиналъул эбел», - ян.

Щал квешлъаби чияс гьарулел гьеб сабаблъун? Масала, гьекъел. Гьелъул гIемерал заралал руго.

1. Черхалъе гьабулеб зарал

ТIибалъул (медицинаялъул) гIалимзабаз абула хамруялъул зарал гьечIого букIине рес гьечIин цохIого цо гьекъоларев чиясе гурого, тIубанго гьеб тарав. Цогидал киназего гьекъелалъул зарал букIунин. Чиясул чорхол щибаб лагаялъе асар гьабулеб буго гьелъ. Гьединго, кигIан дагьаб бугониги къадаралъги лъолеб буго жаниб квешаб асар.

Кванирукъ.

Мехтелалъ бищун цебе зарал гьабула кванирукъалъе. Гьекъарасул чехь унтиялдаса байбихьун, гастрит, язва, диабет лъугьинабула. ХIатта абула кванирукъалъул ракгицин лъугьине хIинкъи бугин.

РакI ва бидурихьал.

a) Дагьа-дагьаб гьекъолев чиясулцин 35-40 соналде гIумру бахиндал, чара гьечIого лъугьуна атеросклероз, аритмия, ишимия унтаби.

б) Хамруялъ бидулъ чакаралъул гIадлу хвезабула, гIодобе ккун, эхеде борхун.

в) ГIемер зарал гьечIин абун цо-цояз хIалтIизабулеб пиво гьекъеялъги зарал гьабула рекIее ва бидурихьазе. Гьелъ ракI кIодолъизабиялде рачуна ва цIикIкIуна бидул тIадецуй, аритмия.

ГIадалнах ва нерваби.

ГIадалнахуе цIакъго зарал гьабула хамруялъ. Щай абуни, гьенибе цIикIкIараб къадар щолеб букIиналъ. Гьелъул хIасилалда гIадалнахул хъал жагъаллъулеб буго.

ТIул.

Мехтелалъ хвезарула тIулал клеткаби. Гьедин, тIуладе хIал ккола, квен бихIинабиялъул хIалтIи мукъсанлъула. Мехтелалъ ккезабула цирроз.

2. Рукъалъе ва магIишаталъе кколеб зарал.

Нилъеда ккола дун рос вугин ва дица бокьараб гьабизе бегьулин абун. Гьекъолдизе байбихьула гьудулзабазда цадахъ. Гьесда ккола кидаго гьедин кепалда иш букIунебин абунги. Лъадулги сабру кидаго букIунаро. ДагIба ккола, рагъула ва хъизан биххула. Лъималги рукIуна гьоркьор хутIун. Гьединго жиндирго къадруги хола, лъималазе рогьоги щола.

Хъизан-лъимал рукIуна ретIинеги кваназего гIоларого, ав «бахIарчи» - гьудулзабазе гьекъезе хамр босулев. Цинги магIишаталда баракат гьечIин зигардула. Кинаб баракат лъелеб, баракат лъезе хъизан хьихьуларелъул. Гьединазул лъималги рахъуна наркоманалги, экстремисталги, террористалги. Тарбия щун гьечIелъулха.

3. Чияе зарал гьаби

Чан чи вугев мехтун машинаги бачун гIадамазе нухда зарал гьабулев. Гьезулги чан вугев авария гьабулев, гIадамал чIвалев. Хадуб вигьиндал чIваразул гIагарлъиялда цеве чIезе кIоларев.

4. Питна гьабулеб буго

Мехтидал бачIуна цо гIажаибаб «бахIарчилъи», вагъула, цинги лъукъула, я чIвала. Гьанже гIумруялъго хутIула тушманлъи. Гьеб гIечIелъуб лъималазегун гIагарлъиялъе щола рекъечIеб цIар. Тухумазда гьоркьоб хутIула ракIбакъвай. Щиб сабаблъун? ГIакълу гуреб, къимат гьечIеб, Аллагьасе рихараб «шишаялъе» гIоло.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...