Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Оляпка

 

Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.

 

Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен балагьун.

Гьезул буго щуго батIияб тайпа: гIадатияб, бурияб, америкаялъулаб, бетIер хъахIаб ва бетIер багIараб. ГIумру гьабун руго Евразиялъул ракьазда, Африкаялда, Россиялъул Мурманскиялда, Уралалда, Кавказалда, Сибиралъул югалъулаб рахъалда ва Дальний Востокалда. Гьез рачуна батIи-батIиял бакъналги.

ГIумру гьабизе тIаса бищула хасало цIороларел хехго чвахулел рацIцIадал гIорал яги ганчIал тIинда ругел лъарал ругеб бакI. Гьел чIоларо лъалхъарал, гIодоре риччарал лъадазда аскIор.

Аслияб къагIидаялъ гIумру гьабула цого бакIалда, гочаричIого. Щибаб кIигоялъ ккола жидеего гIурул рагIалчIван 1-2 километралъул манзилалда бугеб бакI ва цIунула гьеб цогидал тIаде рачIиналдаса. Нагагь хасало гIор цIорозе лъугьани, гочуна цIер гьечIеб бакIалде, гьедин къокъа лъугьун данделъула.

Гьеб буго къвакIараб, щулияб, къадакоялдаса дагьаб кIудияб черхалъул хIинчI. ГIумру гьабула анкьгогIан соналъ.

БатIабахъизе лъалеб гIаламатлъун ккола бащдаб къотIарабин кколеб къокъаб рачIчI. Куркьбал руго черхалда цун, щулаго ккурал, хIулиги буго гьоркьосан гьури унаредухъ гъункараб. Кьер буго чIегIер-тIулакьераб, гIемерисезул карандагун горбода рас буго хъахIаб. ГIолохъаназул хIули цIахIилккарабги букIуна.

ТIабигIаталъ оляпкаялъе кьун руго гIажаибал хаслъаби, лълъелъ билълъанхъизе ва квачарал бакIазда гIумру гьабизе бажарулел.

  • ХIули ва нах. Гьезулъ буго цогидал хIанчIазулъ бугелдаса анцIго нухалъ цIикIкIараб хасаб железо, лъелъе кIанцIидал биччичIого букIине куркьбузде бачIунеб нах жинца кьолеб.
  • Хинлъи кквей. Куркьбузул гъоркьияб рахъалда буго хIулиялъул биццатаб гъат. Гьеб расалъ кигIан кьварарабги гьури, квач черхалде биччаларо.
  • Сас рагIиялъулгун махI бачиналъул лугбал цIуни. Оляпкаялъул магIазукъалаздагун гIундузул картIазда руго хасал тIомол рагьулел-къалел жал (клапаны). Лълъелъе кIанцIараб мехалъ гьел жалго данде къан уна, картIахъан лъим чорхолъе бачIине течIого.
  • Беразул гIуцIи. Оляпкаялъул беразул гIуцIи буго цIикIкIун чIепараб, гургинаб хрусталик бугеб. Гьеб хаслъиялъ рес кьола гьезие лъеда гъоркьги канлъи бихьизе.

Бищун хIикматаблъун буго кваназе жо тIалаб гьаби. Гьел кIанцIула лълъелъе, цинги тIиналдасан рилълъанхъулаго балагьула гIисинаб ччугIа, икра цогидаб. 

Лълъелъе кIанцIун квен тIалаб гьаби буго гIажаибаб.

  1. Тириго кIанцIула хехго чваххулеб лълъелъе.

Бажарула борхалъудаса чваххулеб лълъелъеги кIанцIун, ччугIа кквезе.

  1. Лъеда гъоркь дагьалго рагьизарула куркьбал, цинги чваххиялъул къуваталъ гьел тIинда цун чIезарула.
  2. Лълъел тIиналдасан гьел рекерула щулиял, халатал килщалгун малъаз ганчIалги ккун.
  3. КъватIибе бахъине къваригIиндал оляпкаялъ куркьбал данде къала ва гьебсагIаталъ лъеца гьеб къватIибе рехула.

Лъеда гъоркь букIине кIола 50 секундалде щвезегIан. 1-1,5 метралъул гъварилъуде букъизеги кIола.

Ханал лъола бакънал рачине байбихьулеб, хасел лъугIулеб гIужалда. Бусенги букIуна лъим бугеб бакIалдаса рикIкIад гьечIого, бахчараб бакIалда: ганчIазда гьоркьоб, гъутIбузул кьалбазулъ, кьоязда гъоркь. Хъархъазда яги гъутIбузда тIад къанагIат гурони гьабуларо. Бусенги букIуна хьибилалдаса каратI бугеб, футбол хIалеб таргIил гIадаб роценалъул. Цо нухалда лъола 4-7 хоно. ТIинчI бахъизе бала 15-17 къо. ТIанчIи гIезарула 20-25 къоялъ. БукIуна кIиго лъабго нухалъгицин тIанчIи рахъарабги мех.

Гьел хIанчIи росун руго «БагIараб тIехьалдеги».  

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...