Аслияб гьумералде

РитIухълъи чIезабуна

РитIухълъи чIезабуна

ГIалимзабазда кIвана бактериялъул ДНКялда жаниб информация цIунизе кIолеб къагIида гьабизе. Гьелда жаниб информация цIунизеги кIолеб буго азаразар соналъ.

Гьелда рекъон, чиясул клеткаялда жанибги кIолеб буго бокьараб баян цIунизе. Гьелъин абуни бихьизабула ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ къудрат ва гьеб мухIканлъун буго гьаб заманалда. Гьелъул хIакъалъулъ Къуръаналда Аллагьас рехсонги буго, къиямасеб къоялъ нилъер лугбаз нилъеда данде нугIлъи гьабизе бугин.

Къуръаналда буго: «Гьеб къоялъ гьезул мацIаз, квераз ва хIатIаз нугIлъи гьабизе буго нужеца гьабулеб букIараб щибаб жоялъе. Лугбазда букIуна мунагьазул асар, цинги Аллагьас ﷻ гьел кIалъазарула, Аллагь кинабго жоялда хIалкIолев вуго» (сура «Нур», аят 24).

Къуръаналъул аяталъ ва гьанже гIалимзабаз баян гьабуна инсанасул черхалда жаниб информация цIунизе кIолеб букIин.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....