Аслияб гьумералде

ТахIияталъул къиса

ТахIияталъул къиса

ТахIияталъул къиса

«АттахIияту» цIалиялъул кинаб хурхен бугеб Авараг ﷺ МигIражалде

вачиналда?

 

Салат салам лъеяв Аллагьасул Расул ﷺ Сидратул Мунтагьаги тун тIадехун араб мехалъ МигIражалъул сордоялъ гIажаибал хассал нураниял накIкIазулъе тIерхьана. Жабраил (гIалайгьи салам) гьенив чIана цадахъ вилъаян абидал гьес цо гали тIадехун босана, гьеб мехалъ Аллгьасул ТIадегIанлъиялъул нураз вухIизехъин вукIана. ГьитIинлъун хIинчIгIадин лъугьана малаик. Гьединлъидал гьенив чIезе ккана.

Аллагьасде гIагарлъулеб макъамалде щвараб мехалъ дуца Аллагьасе салам кьеян Аллагьасе рецц гьабеян абуна. Аварагас ﷺ абуна: «АттахIиятул мубаракату ссалавату тIтIайибату лиллагь» абун, – ай киналго кIодолъаби, тIадегIанлъаби, лъикIалщинал реццарал, гIибадатал ТIадегIанав Аллагьасе ругилан.

Гьеб мехалъ, ТIадегIанав Аллагьас гьесие салам кьуна Ассаламу гIалайка аююгьа Ннабиюю ва рахIматуЛлагьи ва баракатугь – дуе салам буго ле гьав Авараг ﷺ Аллагьасул рахIматги буго ва Гьесул баракатги буго дуде – абун.

Аварагасе ﷺ гьеб Салам лъикIавщинав чиясеги щвезе бокьана ва абуна: «Ассаламу гIалайна ва гIала гIибадиЛлагьи ссалихIин» - абун (Аллагьасул салам нижедаги лъейги Аллагьасул лъикIалщинал лагъзадеридаги лъеги) – абун. Гьебмехалъ киналго зобалазул агьлуялъ (малаикзабаз) шагьадат битIана «Ашгьаду ан ла илагьа иллаЛлагь ва ашгьаду анна МухIммада-ррасулуллагь» абун. Аллагьас жив тIалаб гьавурав вукIиналъ Аварагасе ﷺ хасаб къуват кьуна Жабраил малаикасдаги, ТIурай Сайнаъалда Мусадаги хIехьезе кIвечIеб жо хIехьезе.

(«ШархIул мафруз»).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...