Аслияб гьумералде

ГIаврат бахчи

ГIаврат бахчи

ГIаврат ккола инсанасул черхалдасан жиб цебе баккизе ва бихьизе бегьулареб, рес бугев чияс бахчизеги тIалъулеб бакI. ГIаврат бахчизе рес гьечIев чияс, ай щибго гьечIев толохIочго рала паризаялги суннаталги какал. Гьедин бараб какги бецIизе тIалъуларо, ретIел щваниги.

 

Бихьинчиясул какилъ цебе баккизе бегьулареб ва как базегIан цебе мухIканго бахчизе тIалъулеб гIаврат ккола цIинуялдаги накуялдаги гьоркьоб бугеб бакI. Жибго цIину ва наку гIавраталдасан кколаро, кинниги гIаврат мухIканго бахчаравлъун вукIине гьелги рахчила.

Узденай гIаданалъул какилъ бахчизе тIалъулеб гIаврат ккола, гьумерги кIиябго кверги хутIизегIан, кинабго черх. Как балев чиясул ва чIужугIаданалъул гIаврат бугин абун бицараб бакIалдаса гьитIинабниги бакI баккун батани, гьелъ как биххизабула.

Гьороца ретIел борхун цебе баккараб гIавраталдасан бакI гьес хехго бахчани, как холаро, как балаго тIаде бачIараб бакъвараб хъублъи хехгьабун тIаса инабураб мехалда холаребго гIадин.

Какилъ бахчизе тIалъулеб гIавраталъул цо дагьабго бакIалъе гIолеб жо гурони гIаврат бахчизе жо батичIони, гьеб гIурабгIанасеб бакI бахчизе тIалъула. Бахчулеб мехалъ цебесебги нахъисебги гIаврат цин цебе ккезабила. Цоялъе гурони гIолеб гьечIони, цебесеб гIаврат бахчила ва рукугI-суждагун, киналго арканал тIуразарун, какги бала.

Какилъ гIаврат бахчулеб жоялъе шартIлъула жинца тIомалъул кьер бахчулеб букIин. ГIаврат бахчизеги тIалъула тIасанги хьибилалдасанги. Гъоркьан тIадехун бихьулеб бугони, зарал гьечIо.

Гурдеялъул габур гIатIидаб бугони, рукугIалде къулараб мехалъ гIаврат бихьуледухъ бугони, как хвезабула. Гьеб буго хасго риидал майкагIадал жал ретIараз цIодорго пикру гьабизе ккараб бакI.

Нилъер гьанир ретIел ретIарал бихьинал мекъи кколел ва какал хвезарулеб жолъун ккола, тIасан халатаб ретIараб жо гьечIого, къокъаб гурдеги ретIун, как бай. РукугI-суждаялде индал цIинуялдасан гъоркьехун бугеб мугъзаданахъаса бакI баккула ва гьелдалъун какги хола. Гьеб гъалатI гIемер ккезеги ккола. ЦIодорлъи ва мухIканлъи гьабе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...