Аслияб гьумералде

Бищун лъикIаб уммат

Бищун лъикIаб уммат

Бищун лъикIаб уммат

Щивав бусурманчиясул кIудияб талихI буго, Къуръаналъ бищун лъикIабин нугIлъи гьабураб, свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагасул умматалдаса рати. Гьеб нигIматалъухъ шукру гьабизе тIадаб буго нилъеда.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Нуж руго бищун лъикIаб уммат, лъикIалдалъун амруги гьабулел, квешалдаса гIадамалги нахъчIвалел», - ан. Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIабас хIежалда хутIба гьабулаго, цебе рехсараб аятги цIалун, абуна: «Щив чи вугониги хирияв Аварагасул умматалдаса вукIине бокьун, Аллагьас Къуръаналда абухъе, лъикIалдалъун амруги гьабе, квешалдаса гIадамалги нахъчIвай», - ан.

МухIамад аварагасул ﷺ уммат бищун хирияб букIиналъе нугIлъи гьабула хадуб рехсараб хIадисалъги: «Аллагьас дие кьуна цогидал аварагзабазе кьечIеб чанго жо», - ян. Цинги асхIабзабаз абуна: «Гьел щал кколел, я Аллагьасул расул?» - ан. Свалат-салам лъеяв Аварагас жаваб гьабуна: «Аллагьас дие квербакъула рикIкIадасанго, тушбабазул рекIелъе хIинкъи рехиялдалъун; дие кьуралгIан гIемер ракьалъул бергьенлъаби, цогидал аварагзабазе кьечIо; дида цIар АхIмадин тана; кинабниги ракь дие гIибадаталъе бацIцIадаблъун гьабуна; дир уммат бищун хирияблъунги гьабуна», - ян.

Абу-Гьурайратица бицараб риваяталда буго: «ТIадегIанав Аллагьас дие кьуна, цогидал аварагзабазе кьечIеб щуго жо: дун авараглъун витIана киналниги гIадамазухъе; кинабниги ракь дие мажгитлъун гьабуна; дие моцIил нухлул манзилалда, тушманасда тIад квербакъула, гьезул рекIелъе хIинкъи рехиялдалъун; гъазаваталдаса щвараб гъанима дие хIалалаблъун гьабуна; БетIергьанас дие шафагIаталъе изну кьуна, дица гьеб умматалъе, къиямасеб къоялде нахъе цIунана», - ян.

Къиямасеб къоялъ хирияв Аварагас ﷺ жиндирго уммат батIа гьабизе буго гьезул гьурмазда бугеб гвангъараб нуралдалъун.

Имам АхIмадица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ дица цогидал умматаздаса дирго уммат батIа гьабула, гьезул гIамал хъвараб тIехь кваранаб рахъалдасан кьеялдалъун ва суждаялъул асаралъ, гьезул гьурмаздаги квераздаги бугеб нуралдалъун», - ян.

Адам аварагас абуна: «ТIадегIанав Аллагьас МухIаммадил умматалъе кьуна, дие кьечIеб ункъго хиралъи:

  1. Дир тавбу къабул гьаби Маккаялда букIана, МухIаммадил умматалъ бокьараб бакIалда тавбу гьабула, Аллагьас гьезул тавбуги къабул гьабула.
  2. Аллагьасе гIасилъидал, дун дирго лъади ХIавадаса ватIа гьавуна, МухIаммадил уммат Аллагьасде гIасилъула, гьел жидерго руччабаздаса ратIа гьаруларо.
  3. Дида тIад ретIел букIана, Аллагьасе гIасилъидал дун ратIлида гIицIцIавлъун лъугьана. МухIаммадил уммат гIасилъула, гьел ратIлида гIицIцIаллъун лъугьунаро.
  4. Дир гъалатI ккана Алжаналъуб, БетIергьанас дун гьениса къватIиве вачахъана. МухIаммадил умматалъул гъалатIал ккола, амма Аллагьас гьел тавбуялдалъун Алжаналде рачуна».

 

АхIмад МухIумаев

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...