Аслияб гьумералде

Бокьани гьабун, бокьичIони тун...

Бокьани гьабун, бокьичIони тун...

Жакъа нилъ ругеб гьаб заманалъул пикру гьабурав чиясда якъинго бихьулеб буго нилъер дунявияб рахъ гIемерго лъикIлъун бугеблъи. Мисалалъе босизе бегьила кваналебги, ретIулебги, рекIунебги, минабиги ва гIемераб цогидабги. ТIадегIанав  Аллагьас ﷻ нилъее, нилъер умумуздаса лъикIал-тIокIал рукIун кьурабищха гьабгощинаб нигIмат? Узухъда, батилин кколаро. Нилъер хIалбихьизе, щукру гьабулищали кьураб батилин ккола.

 

Бичасул аварагас ﷺ сардилъ тIаде вахъун хIатIал гьорозегIан Аллагьасе ﷻ щукру гьабураб мехалда жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяй гьесул хъизан ГIаийшатица цIехон буго: «Я Бичасул авараг ﷺ, щай дуца гьеб захIмат баччулеб Аллагьас ﷻ дур мунагьалги чурун рукIаго», - ян. Аварагас ﷺ абун буго:  «Дун Аллагьасе гIемер щукру гьабулевлъун вукIине ккеларищ», - илан.

Нилъер бугеб гьабгощинаб нигIмат Бичасул аварагасул ﷺ заманалда букIараб жо гуро.  Я машинаби рукIинчIо, я рахIатал минаби рукIинчIо, я телефонал-компьютерал рукIинчIо, я кьер-кьераб ретIел букIун батиларо.

Гьебгощинаб нилъее кьурав ТIадегIанав БетIергьан Аллагь ﷻ вуго  жив кидагосев, абадияв, жиндир авал-ахир гьечIев, сундениги хIажалъуларев, кинабго бихьулев, лъалев, рагIулев. Гьединал камилал сипатал жиндир ругев. Аллагьас ﷻ битIараб нухда лъурав чи лъиданиги къосинавизеги кIоларо, Гьес къосинавурав битIараб нухде цIазеги лъихъаго бажаруларо. 

Исламалда ратиялъухъги, Къуръан-хIадисалда нахърилълъараллъун ратиялъухъги, МухIамад аварагасул ﷺ умматалдаса ратиялъухъги, нилъ битIараб нухде рачиналъе сабабаллъун жал ругел хIакъикъиял устарзаби ратиялъухъги гIурхъи-хIад гьечIеб рецц гьабизе ккола, диналъул вацалги яцалги.

ШаригIаталдаса нилъ руссунел ругони, щибго щаклъи гьечIо Аллагьас ﷻ нилъеда тIаса гьаб нигIматги босун балагьал риччаялде. Гьеб нилъеда аварагзабазул къисабаздасан цIалараб, лъалеб иш буго. Гьалдаса цIикIкIун къваригIунцин гьечIин ккараб хIал буго. Жакъа гIадин тагиян Аллагьасда ﷻ гьардезе ккараб хIал буго. Алжан дунялалда гьабизе лъугьарав чиясдаса ахIмакъав чиги вукIунев ватиларо.

Диналъул вацал ва яцал! Аллагьасе гьабулеб лагълъи бокьараб мехалъ гьабун, рихараб мехалъ толеб жо букIунареблъи лъазе ккела. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъее диналъул бичIчIиги, щукру гьабизе гIакълуги кьеги.

 

хIусен СагIадулаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...