Аслияб гьумералде

Бисмиллагь бахъи

Бисмиллагь бахъи

«Бисмиллагь» абураб аятги босун ЖабрагIил малаик аварагасухъе щведал, свалат-салам лъеяс гьикъун буго: «Я ЖабрагIил, жакъа мун разиго вуго, щиб дуе ккараб?» - ян. Гьес абун буго, духъе гьаб аят бачIиналдалъун вохун вугилан.

«Бисмиллагь» абураб аятги босун ЖабрагIил малаик аварагасухъе щведал, свалат-салам лъеяс гьикъун буго: «Я ЖабрагIил, жакъа мун разиго вуго, щиб дуе ккараб?» - ян. Гьес абун буго, духъе гьаб аят бачIиналдалъун вохун вугилан.

Хадубги ЖабрагIил малаикас бицун буго: «Жакъа гьаб аятги босун дун духъе вачIиналъул рохел ккола, Аллагьас жужахIалъул малаикзабазда абуна, щив чи ватаниги гьаб аят цIаларав, гьесие жужахIалъул цIа гьечIин, ай цIунарав вугин ва малаикзабазги абуна жал нугIзал, ай мукIурал ругин абун. Цинги гьаб калам кьурабазда, гохIал-щобазда рагIана, гьелги рохун гьаргьадана гьаб аят духъе ва умматалъухъе рещтIиналдалъун».

Гьаб кколарищ нилъее кIудияб рохел ва талихI. Амма гьелъул гьабулеб къимат нилъер мукъсанаб буго.

Свалат-салам лъеясул хIадисалда буго: «Щив чи ватаниги жиндие баракатаб, талихIаб гIумру букIине ва шагьидлъиялъул хвел щвезе бокьун, гьес байбихье кинабго гьабулеб жо Бисмиллагь бахъун гьабизе», - ян.

Амма кидаха нилъеда ракIалде щолеб гьеб бахъизе? Бахъулищ кваналеб мехалда, ретIел ретIулаго, машинаялде рахунаго ва цогидал ишал гьарулаго. Бахъулеб батичIони, тавбуги гьабун, гIицIав Аллагьасе гIолойин абун нияталда, байбихьизе ккола жакъаялдаса нахъе бахъизе.

Ибн МасгIудица бицун буго, свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб рагIанин: «ЖужахIалъул анцIила ичIавго малаикасул гIазабалдаса хвасарлъизе, ай цIунизе бокьарав чи ватани, гьединас тIадчIей гьабе Биссмиллагь бахъиялда. Щайин абуни, щибаб хIарп Аллагьас хъалхъанлъун (щитлъун) гьабун буго инсанасе», - ян.

Халид Пайзулаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...