Аслияб гьумералде

Помидор

Помидор

ГӀалимзабазул цо-цояз абула помидоразул ватIан Индия кколин. Цогидаз абула гьел Китаялдасан рачIанин абун.

 

Жибго гъветӀалда цӀар - помидор - бачӀун буго ацтеказул «tomatl» абураб рагӀудаса, гьелъул магӀна ккола «кӀудияб кIокIон (ягода)». Цоги цӀар - помидор - бачӀунеб бугин Италиялъул «pomo d’oro» абураб рагӀудаса, гьелъул магӀна ккола «меседил гӀеч». Жакъа гӀадатлъун лъугьун буго жибго гьеб гъветӀалда томатилан, гьелъул пихъазда помидорилан абизе.

Европаялде помидор бачӀун букӀана Америкаялдаса XVI гӀасруялда. ТӀоцере гьел рачӀун рукӀана Испаниялде ва Португалиялде. Хадуб гьеб тӀибитӀана тӀолабго Италиялда, Франциялда, Германиялда ва машрикъалъул Европаялда. ГӀемераб мехалъ гӀемерисел европаялъулаз гьеб культураялда божилъи гьабулароан ва гьеб гӀезабулаан гӀицӀго декоративияб мурадалда - гвангъарал кьеразул гӀисинал пихъал рукӀана ахалъе гӀажаибаб берцинлъилъун. Помидор квен хӀисабалда хӀалтӀизабизе байбихьана гӀицӀго XVII гӀасруялъул ахиралда.

Россиялде помидор бачӀана XVIII гӀасруялда, амма гьанибги гьеб гӀезабулаан декоративияб гъветӀ хӀисабалда.

 

Помидоралъул пайда

2017 соналда Иллинойсалъул университеталъ, 700 азарго чиясда гьоркьор гьарурал цӀех-рехазул кьучӀалда чӀезабун букӀана помидоразда гъорлъ гӀемераб къадаралда бугеб ликопиналъ предстательнияб железаялда рак ккеялъул хӀинкъи дагь гьабулеб букӀин. Цоги цӀех-рехалъ тасдикъ гьабуна ликопиналъул пайда цоги онкологияб унтиялда – ургьисазул карциномаялда. Гьелде тӀадеги, руго гӀемерал цӀех-рехал, катарактаялда ва хӀатта макулярияб дистрофиялда ликопиналъ сахлъи цӀуниялъе сахаб асар тасдикъ гьабулел – гьеб унти лъугьуна ригьалде рахарал гӀадамазулъ ва гьелъ рачуна сетчаткаялъул нервабазул клеткаби хвеялде.

Къойил чанго помидор кванаялъ кумек гьабула ликопиналъул хӀажатаб доза щвезе. ЛъикӀаб букӀуна гьеб цӀикӀкӀун гъорлъ ругел багӀарал помидорал хIалтIизаризе яги гьел помидоралъул паста, сокал кванилъ хIалтIизаризе – гьезда жаниб ликопиналъул къадар 7-ялдаса 13-14 мгялде щвезегӀан цӀикӀкӀуна.

Помидоралда жанир ругел органикиял кислотабаз ва клетчаткаялъ лъикӀаб асар гьабула чехь-бакьазул нухазе - гьез ферментал рахъинари цӀикӀкӀинабула ва чӀун хутӀараб ццин нахъе инабула.

Гьединго клетчаткаялъ низамалде бачуна холестериналъул даража, помидоразда гӀемер бугеб калиялъ рекӀел хӀалтӀи лъикӀлъизабула.

 

Помидор лъие заралияб бугеб?

Подагра, язва, гастрит, ургьисалабазул унтаби, кванирукъалъул кислота цӀикӀкӀараб мехалда помидор дагь гьабизе лъикӀаб букӀуна. ЦӀам къватӀибе биччазе квалквал гьабулеб ва ццим къватIибе бахъиялъул хӀалтӀиялде данде чIолеб щавелевая кислотаялъ рес кьола ургьисалабазда хурхараб системаялъул унтаби загьирлъизе яги хӀалуцинаризе. Гьелде тӀадеги ракӀалда чӀезабизе ккола аллергия бугезги цӀодорго кваназе кколеблъи помидор - гьелъул гвангъараб кьер букӀиналъ, помидор, цитрусазул пихъазда ва шоколадалда цадахъ, ккола бищунго къуватал аллергеналлъун.

Помидоралда жаниб букӀуна тӀубараб спектр кислотабазул – лимоналъул, щавелгун гIечул. Гьеб цолъиялъ рачуна кванирукъалъул сок жигараб къагӀидаялъ къватIибе бахъиялде, ракӀ цIерхIезабиялде ва кислотнияб рефлюксалде.

 

Помидоралъул консервалъул пайда

ЦӀиял, ай консервал гурел помидорал нигӀматазда гъорлъ гӀемер хIалтIизарулел гӀадамаз гIакълу кьола рукъалъул температураялда цӀунун ругел, махӀ бугел, гьоркьохъеб даражаялъул тамахлъи бугел кванайин. Амма кванил нигӀматазул къадаралъул, продуктазул пайдаял хаслъабазул ва гьел цоцада данде кколел рукӀиналъул суалал лъазарулел диетологаз абула консервабазда жаниб бугеб помидор тӀаса бищизе лъикӀаб бугин.

Консервабазул помидоразул зарал гьечӀолъи ва кӀудияб пайда хурхараб букӀуна овощазде тӀаде бухӀараб лъим тӀолеб яги стерилизациялъул процессалда жаниб хинлъиялъул асаралда гъоркь овощазда жаниб бугеб бета-каротиналъул ва ликопиналъул гӀаммаб къадар 10 нухалъ цӀикӀкӀунеб букӀин ва гьеб биодоступнияллъун лъугьунел рукӀиналъ, гьединлъидал бигьаго кванирукъалда жанир рекъонги кколел.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


МацI цIуни

Аби буго, мацI бугин ракьа гьечIеб жойин абураб. Гьединлъидал, мацI цIунизе ккола къваригIел гьечIел харбаздаса.   МацIалъ инсанасе кIудияб зарал гьабула, амма нилъеда гьеб битIун хIалтIизабизе лъани, гьелъулъ буго хвасарлъиги. Нилъеда лъала загьру щиб жо кколебали. Гьеле гьединабго загьру...


Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал

Аварагасул ﷺ гIумру лъаялъ нилъ рачуна хIакъаб нухде, ракIал рацIцIалъула, иман щулалъула. Аварагас ﷺ гIадамал ахIана Аллагь цо гьавиялде, гIасилъи теялде, жагьиллъиялдаса гIелмулде, мекъи ккеялдаса ритIун ккеялде, бецIлъиялдаса канлъиялде, дунял-ахираталъул талихI щвеялде.   Авараг ﷺ...


Мехтарасулгун ккараб

ГIалимзабазул, шагIирзабазул, цIар рагIарал чагIазул шагьар - Багъдад. КIудияв шайих, жиндир заманалъул къутIбу ГIабдулкъадир Жилани вукIана жиндирго муридзабигун шагьаралъул рагIалдасан гIадатияб къагIидаялда свери бахъизе къватIиве вахъун. Жинда сверухъ ракIараразда гьес кидаго малъулаан...


Волонтеразул къец

Казбек районалда тӀобитӀана «Ас-салам» газета тӀибитӀизабулел волонтеразда гьоркьоб къец. ГӀага-шагарго 50 чияс гӀахьаллъи гьабуна гьелда. ГӀахьалчагӀаздаса тӀалаб гьабулеб букӀана материалал мухӀканго цӀали ва суалазе жавабал кьей. Къецалъул мурад букӀана цӀалуде гъира бижизаби,...


ТоргIо хIан бергьана

МахӀачхъалаялъул «Труд» стадионалда тӀобитӀана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазда гьоркьоб регионазда гьоркьосеб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Турниралда гIахьаллъи гьабуна ичӀго командаялъ. ГӀурабго къеркьеялдаса хадуб Шамил районалъул командаялъе щвана тӀоцебесеб бакӀ ва...