Питна бекьула жасусаз
Питна бекьула жасусаз

Араб гIасруялъул 90-абилел соназда ЧIикIаса СагIид-афандияс хъвараб хIакъикъат нилъер заманалъе цIакъ рекъон кколеб буго. Гьебги ккола цIаларалин ругез халкъалда ва бусурбабазда гьоркьоб жидерго нафсиял мурадазе гIоло, гьединго, хIасадалъул унтиялъ течIого гIуцIулел питнаби.
Киназдаго бихьун яги рагIун батила «Признание английского шпиона» абураб тIехь. Гьеб цIаларав чиясда лъала Англиялъул разведкаялъ ислам чIунтизабизе бахъулеб бугеб жигар. Гьез хIадур гьарун руго гIалимзаби, бокьарав гIалимасда лъалелдаса дагьаб гьечIеб гIелмуги цIализабун. Исламалъул ретIелги ретIун, гьел ритIун руго, хIатта руччабигун цадахъ, исламалъул улкабазул батIи-батIиял бакIазде. Ислам биххизабиялъул, гьеб чIунтизабиялъул мурадалъе гIоло, гьез тIаде босун буго исламалъул арканал хIалтIизари. Гьеб разведка хIалтIизе байбихьаралдаса нахъе жакъалъизегIан гьел какги бачIого, кIалги кквечIого гуро хIалтIарал ислам чIунтизабиялда тIад. Какалги ран, кIалалги ккун, цогидал арканал тIуразарулел бусурбабилъунги рукIунин гьез халкъазда гьоркьор питнаби рекьулел. Гьелъие гIолойин абулеб капурчиясулалдаса гьединав мунапикъасул зарал исламалъе нусго нухалъ цIикIкIараб букIунин абун. Жидерго мурадал гIумруялде рахъинариялда тIад хIалтIизе гьединал мунапикъзабазе гьанже цIакъго ресги щун буго. Жакъа нилъеда дандчIвазе бегьула кигIанги лъикIав гIалимасул, гIарабистасул ва гьединго тIарикъаталъул агьлуялъул лъикIав муридасул рагIадалда нахъа вахчарав мунапикъ. Гьединал ратулел руго, нилъеда бихьизе лъикIаб хьвадиги гьабун, нилъедаса ратIалъарабго, ай гIадамаздаса балъго хутIулебгIан заманалда бокьараб чороклъи гьабизе хIинкъуларел мунапикъзабилъун. Гьединал жасусаздаса цIунизе жигар бахъизеги ккун буго.