Аслияб гьумералде

Камиллъиялде нух

Камиллъиялде нух

ГIамал-хасияталде, берцинаб тIабигIаталде исламалъ кIудияб кIвар кьола. Гьеб буго тIадегIанал даражабазул цояб.

 

Гьелда жанире уна ритIухълъи, сабру, сахаватлъи, гIодоре риччай, гурхIел, гIадамаздехун берцинаб рукIа-рахъин. Нилъер Аварагас ﷺ абун буго: «Муъминзабазда гьоркьов иманалъул рахъалъ цIикIкIун камилав вуго бищун лъикӀаб гӀамал-хасият бугев чи», - абун (Абу-Давуд).

Аварагас ﷺ абун буго: «Дун (авараглъун) витIаравго вуго (гIадамазул) лъикIал тIабигIатал камил гьаризе», - абун (Бухари). Гьединлъидал, гьеб гIамал-тIабигIат, вукIа-вахъин, яшав лъикI гьаби буго чияс кIвар гьабизе кколеб жо.

 

ЛъикӀаб гӀамал-хасияталъул хиралъи

Гьеб гIамал буго кӀудияб кири щвеялъе сабаб. Аварагас ﷺ хIадисалда абун буго: «ЛъикIаб тIабигIаталдаса цIайи цIикIкIараб гIамал гьечIо. Гьеб гIамалалъул бетIергьан вахине вуго кIалалги кколев, какалги ралев чиясул даражаялде», - абун (Абу-Давуд).

Гьеб буго иман камилаб букIиналъул гIаламат. Гьелъ рачуна Алжаналде. ХIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Алжаналъул тIасияб рахъалда мина букIинаби дица гьеб кьелаан берцинаб тIабигIат, гIамал-хасият букIарав чиясе», - ян (Абу-Давуд). Цоги хIадисалда буго: «ЛъикIаб тIабигIаталъ, гIадамаздехун лъикIаб рукIа-рахъиналъгун сахаватлъиялъ гIумру халат гьабула ва рухI бахъи мекъи ккеялдаса цIунула», - ян абун (Байгьакъи). ГIумру халат гьаби Аллагьас ﷻ хъваралда бараб букIунелъул, гьелъул магIнаги бичIчIизе бегьула гIумру букIунин баракатабин абураб.

 

Кин щвелеб берцинаб тIабигIат?

Ибну Къайимица хъван буго: «ЛъикIаб тIабигIат лъабго аслуялда тIад гIуцIараб буго: хIарамалдаса рикIкIалъи, тIадаб тIубазаби ва къварилъабазде сабру гьабиги», - ян («Мадарижу саликин»).

Аварагасда ﷺ релълъенлъи гьаби, гьесул ﷺ нух кквей. ГIаишатица абун буго: «Гьесул (Аварагасул ﷺ) тIабигIатлъун Къуръан букIана», - ян (Муслим). Аварагас ﷺ гIемер такрар гьабулеб букIана: «Я дир Аллагь ﷻ! Дуца дун лъикIал тIабигIатазде тIовитIе, гьезде тIоритIулев Мун гурони гьечIо. Квешал тIабигIатаздаса рикIкIад гьаве, гьездаса рикIкIад гьарулевги Мун гурони гьечIо», - ян абун (Муслим).

ЛъикIаб тIабигIат буго иманалъул щулияб рахъ ва ракIбацIцIалъи бихьизабулеб гIамал. Гьелде жигар бахъиялъги ракI бацIцIад гьабула къабихIаб гIамалалдаса, щула гьарула гIадамазулгун гьоркьорлъаби, гIагар гьарула БетIергьанасул ﷻ разилъиялде.

Аллагьас ﷻ киналго гьареги берцинаб гIамал-хасияталъул бетIергьабилъун ва тавпикъ кьеги Аварагасул ﷺ нух ккун гьеб гIамал цIунизе. Амин!

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...