Аслияб гьумералде

Лъабабилеб гIасруялъул мужадид

Лъабабилеб гIасруялъул мужадид

Ибну Сурайж ккола исламалъул кIудияв гIалим, имам, шафигIияб мазгьабалъул къади, ГIиракъалъул факъигь, кIиабилев ШафигIилан жинда абурав. Гьес гIелмияб ирс нахъе тана ва хъвана гIемерал тIахьал. КIудияб кIвар кьуна шафигIияб мазгьаб тIибитIизабиялде ва гьесул заманалъул гIалимзабазги хадур рачIаразги гьев рикIкIана гIасруялъул мужадидлъун, ай дунялалдаго ислам цIигьабуравлъун.

 

Ибну Сурайжаца бицана, цо нухалъ макьилъ бихьанила зодоса къиматал ганчIал рортулеб ва жинца гьезул чунтби цIезарулел.

Лъай бугел гIадамаз макьу къотIана къанагIатаб ва тIадегIанаб къиматалъул лъай гьесие щвезе бугин абураб магIнаялда.

Гьев кIудияв гIалимчиясул гIумруялъ якъинго тасдикъ гьабуна гьедин букIин. Гьесул цIар ккола Абул ГIаббас АхIмад ибну ГIумар ибн Сурайж ал-Багъдади.

ТарихчагIазул биценазда рекъон, имам ибну Сурайж гьавуна гьижрияб 240 соналдаса хадув, цо-цо баяназда рекъон, гьижрияб 248 соналъ, ГIиракъалъул тахшагьар Багъдадалда. Сурайжил кIудадал хIакъалъулъ абула, гьев гъваридаб такъваялъул, ритIухъав чи вукIанилан.

ХӀафиз ХӀакимица бицана жинда рагӀанин ХӀасан ибн МухӀамадица абулеб: «Ниж гьижрияб 303 соналъ ибн Сурайжил мажлисалда рукIана ва гIалимзабазда гьоркьоса цо шайихас абуна: «Воха мун, я Къази, хIакълъунго, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щибаб гIасруялъул авалалда витIула дин цIи гьабулев чи (гIалимчи). Аллагьас ﷻ тIоцебесеб гIасруялъ ГIумар ибну ГIабдулгIазиз витIана, кIиабилеб гIасруялъ имам ШафигI витIана ва мунги витIана лъабабилеб гIасруялъ», - ян.

Цо къоялъ ибн Сурайжица гIадамал жиндирго кӀалъаялъ хӀикмалъизаруна. Гьелъие жаваб гьабун ибн Сурайжица абула: «Гьаб жо Абул Къасим Жунайдихъе зиярат гьабиялъул баракат буго», - ян.

Ибн Касирица накълу гьабуна ибн Сурайж, Жунайд Багъдадилгун гьудуллъи гьабун, гьесухъе зияраталъ хьвадун, гьесда нахъвилълъаравлъун вукIанин. Жинда ракIалдего кколарел фикъгьиялъул суалазе жавабал гьесие щвана шайих Жунайд Багъдадиясухъа.

Бицуна ибну Сурайжица шайихасда гьарулин цо иш мухӀкан гьабеян. Шайихас чанго пикру загьир гьабула. Ибн Сурайжица абула: «Я Абул Къасим, дуца загьир гьарурал пикрабазул дида лъабго гурони лъалеб букIинчIо, рес батани цIидасан дие гьел такрар гьаре», - ян. Цинги шайихас гӀемерал пикраби загьир гьарула. Ибн Сурайжица абула: «Валлагьи, жакъа къоялде щвезегӀан дида гьел жавабал рагӀун рукIинчIо цIидасан такрар гьаре», - ян. Шайихас нахъеги жаваб кьола. Ибн Сурайжица абула: «Дида гьадинаб жо жеги рагӀичӀо, гьел дица хъвазе рукIине такрар гьаре», - ян. Жунайдица гьесда бичӀчӀизабула гьеб гӀелму Аллагьас жиндир рекӀелъе рехараб букIин, ай тӀахьаздаса яги мугӀалимасухъа босараб гуреблъи. Ибн Сурайжица гьикъула: «Киса дуе гьеб гӀелму щвараб?» - ян. Шайихас абула: «КIикъого соналъ Аллагьасда цеве гӀодов чӀеялдалъун», - ян.

Ибн Сурайжица абуна: «Суфияздасан дие щвана цогидаздаса щвечӀеб гӀелму», - ян.

Гьев хьвадулаан машгьурал суфиязухъе – Жунайд Багъдадихъе ва Шиблиясухъе.

Имам Субукияс хъвана: «Ибн Сурайж ккола шафигӀияб мазгьабалъул шайих ва гьелъул байрахъчи. ШафигӀияб мазгьабалъул гIалимзабазул цонигияв гьечIо гьесул кумекалде хӀасратлъичӀев ва гьесул багьа тIадегIанаб гIелмуялъухъ рокьи ккечIев», - ян.

Абу ИсхӀакъ Ширазияс абуна: «Гьев вукӀана бусурбабазул кӀудиял имамзабазул цояв. Гьев тола Шираз шагьаралъул къазилъун, гьединго, гьев рикӀкӀунаан ШафигӀил асхӀабзабазул бищунго лъикӀавлъун, хӀатта ал-Музанидасаги лъикӀавлъун», - ян.

Имам ибн Сурайжил рукӀана гӀемерал мугӀалимзаби, шайихзаби, гьезул гӀелму гьес къабул гьабуна ва цогидазухъе кьуна. Амма гьезда гьоркьор рукӀана жидер гӀелмуялъ ибн Сурайж хӀикмалъизаруралги. Гьединал гӀалимзабазул цояв вукӀана Абул Къасим Анмати. Гьес бищун кӀудияб асарги гьабуна ибн Сурайжие. Гьединавго шайих вукӀана Абул ХӀасан ал-Мунзириги. Гьев дандчӀвана ва лъай босана Суфян ибн ГIуяйнидаса ва ВакигӀадаса. Гьелде тӀадеги, гьев дандчӀвана ХӀасан ибн МухӀаммад Аз-ЗагIфаранигун, ай имам аш-ШафигӀил мутагӀилгун ва гьел гурел жеги лъай-гIелму бугел гIалимзабигун.

Ибн Сурайжица нахъе тана кӀудияб гӀелмияб ирс. ТарихчагӀазул баяназда рекъон, гьесул тIахьазул къадар 400-ялдасаги цIикIкIана. Амма гIемерисел тIахьал тIагIана ва нилъехъе щвечIо. Гьанже цо-цо къанагIатал гьесул тIахьал музеязда цIунун руго.

Имам ибну Сурайж хвана Багъдадалда, гьижрияб 306 соналъ. Дунял тана 57 сонгун бащдаб бараб мехалда.

ШаргӀиял гӀелмабазул гъваридаб лъай букӀиналъ, имам ибн Сурайж гӀемерал исламиял гӀалимзабаз рикӀкӀуна гьижраялъул лъабабилеб гӀасруялъул мужадидлъун.

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...