Аслияб гьумералде

ХIарамалъул ракь

ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.

 

Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб баракатги. Гьебги Ибрагьим аварагас гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабиялъул баракаталдалъун буго.

Ислам бачIиналде цебеги Маккаялъул мушрикиназ ХIарамалъул ракьалда чIарав чиясе щибго зарал гьабулеб букIинчIо, хIатта жиндирго эмен чIварав чи вугонигицин. Гьез абулеб букIана: «КагIба буго Аллагьасул рукъ, гьенир чIаралги Аллагьасул агьлу буго», - ян. ГIалимзабаз абулеб буго: «Аллагьас Макка хIарамлъун гьабун букIанин Ибрагьим аварагас дугIа гьабилалдего», - ян. Гьелъие гьез далиллъун бачунеб буго жинда свалат-салам лъеяв Аварагасул рагIи: «ХIакълъунго, Аллагьас Макка хIарамлъун гьабун букIана, зобал-ракьал рижараб къоялъ», - абураб. ХIакъикъаталдаги, Аллагьас ﷻ Макка хIарамлъун гьабун буго хирияв Аварагас ﷺ абухъе, зоб-ракь бижараб къоялъ. Амма гьеб хIарамлъун гьаби БетIергьанас  цониги аварагасе загьир гьабичIо, жинцаго цIунараблъун букIана. Цинги, БетIергьан Аллагьасда ﷻ Ибрагьим аварагас гьарана, гьаб бакI хIарамлъун букIин, Дурго лагъзадерие дир мацIалдалъун загьир гьабеян. БетIергьанас Ибрагьимил гьариги къабул гьабуна. Гьелдаса нахъе гьеб бакI хIарамлъун букIинги загьирлъана.

Макка хIарамлъун гьаби абураб рагIиялъул магIна ккола: жиндилъ чан гьабизе, гъветI-гIаркьел бекизе, чIахI-хер тIезе, жаниб рагъ гьабизе Аллагьас ﷻ хIарамлъун гьаби.

Маккаялда хадуб бищун хирияб ракьлъун ккола Мадина. Амма живго хирияв Авараг ﷺ вукъун вугеб бакI, бищун хирияб ракьлъун букIиналда киналго гIалимзаби тIад рекъон руго.

Мадинаялда абула: «Аль-Мадинату Ннабавият», - ин, ай Аварагасул ﷺ шагьарилан. Гьединго абула: «Дарул гьижра», - ян, ай гьижра ялъул рукъилан. Гьеб шагьаралдаса тIибитIана дунялалъул киналниги ракьазде ислам. Аварагасул ﷺ мажгиталда бараб как азарго нухалъ кири цIикIкIараб букIуна, цогидал мажгитазда баралдаса, Масжидул ХIарамалда хутIун.

Имам Нававияс абулеб буго: «Паризаял каказда релълъун руго, хиралъи щвеялъулъ суннатал какалги», - ян. Абу-Умаматидасан бицараб хIадисалда абулеб буго: «Щив чи вугониги рацIцIалъиги гьабун дир мажгиталде как базе вачIун, гьесие хIеж гьабурабгIан кIудияб кири буго», - ян.

Гьижра гьабун рачIарал мугьажиразе бокьулеб букIинчIо Мадина гуреб бакIалда хвезе. Гьез кидаго ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарулеб букIана хирияб Мадинаялда хвезе гьареян. Ибну ГIумарица бицараб хIадисалда абулеб буго: «Нуж хвезе Мадинаялде ракIаре, гьенир хварал муъминзабазе дир шафагIат щвезе буго», - ян. Анасица бицараб хIадисалда буго: «Щив чи вугониги Аллагьасе гIоло ракIбацIцIадго Мадинаялде дихъе зиярат гьабун, гьев чиясе дица къиямасеб къоялъ нугIлъиги шафагIатги гьабула», - абун.

 

ГIабас МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...