Аслияб гьумералде

Микьир – пайдаяб нигIмат

Микьир – пайдаяб нигIмат

Микьир – пайдаяб нигIмат

Микьир буго инсанасе цIакъ пайдаяб нигIмат.  Гьелъулъ руго гIемерал витаминал ва минералал. Масала, витмани А, витамин С, витамин Е, калий ва бета-каротин. А витаминалъ тIомол сахлъи цIунула ва берзул канлъи лъикIлъизабула. С витаминалъ иммунитет щула гьабула. Е витамин ккола кутакаб антиоксидант. Гьелъ чорхол клеткаби зарал ккеялдаса цIунула.

 

Микьиралъулъ руго гIемерал пищевиял волокнабиги. Гьелъ квен бихIинабизе кумекги гьабула. Волокнабаз бидулъ бугеб холестерин ва чакар цо ккураб хIалалда чIезабула, амма гьеб гIемер кваназе лъикIаб гьечIо чакрил диабеталъ унтаразе. Кванирукъгун бакьал рукIкIинарулеб унтиялъеги кумек гьабула гьелъ.

Микьир рикIкIуна кванирукъалъул хIал лъикIлъизабулеб нигI-матлъун.  Кваназе лъикIаб буго кIващ бачIинабиялъе (гъветI тIегьайдал, гьелъул тIегьги), гьурал ва запорал ругеб мехалда хIалтIизабизеги беццула. Кванде гъираги цIикIкIинабула гьелъ. 

Микьиралъулъ гIемераб лъим букIиналъ, чорхолъ  лъел къадар рукIалида чIезабула.

Минералиял гIуцIа-баздалъун бечедаб букIиналъ, лъикIаблъун рикIкIуна кванирукъалдагун бакьазда рукIунел унтаби сах гьаризеги. Гьелъулъ бугеб фосфоралъ кумек гьабула гIадалнахул хIалтIуе, рукIалиде бачIинабула нервабазул гIуцIи, калиялъ щула гьабула ракьа. 

Микьиралъулъ калориял гIемер гьечIо ва гьединлъидал чорхол цIайиялда хадуб халккуразе кваназе бегьула.

Рак унтуда дандеги къеркьола гьеб. БатIи-батIиял улкабазул гIалимзабаз чIезабун буго мокьрода гъорлъ ругел полифенолал абурал жалаз чIинтIизарулин каранзул ракалъул клеткаби. Гьединго биццатаб бакьги цIунулин рак ккеялдаса. 

Бидурихьазул хIалтIи тамахлъарав чиясе тохтурзабаз бихьизабула цIияб мокьрол бахъараб сок.

 

Руччабазе

Пайдаяб буго лъимаде ругезе. Цогидал дараби хIалтIизаричIого, микьиралъул сок, аслияб квен кваналалде цебе, гьекъезе лъикIаб буго къинай гIаданалъе запорал ва цIерхI лъугьунгутIизе. Кумек гьабула бохдулгун махIаби гьоронгутIизе, гьезда кьватIелал лъугьунгутIизе, гьегIдариялда данде.

Пихъазде аллергия букIунезе лъикIаб гьечIо кваназе.

Гьелъул пурчIунцин (гага) рикIкIуна витаминаздалъун бечедаб нигIматлъун. Гага гIемер хIалтIизабула косметологаз, гьелъул гьабураб пюреялъ лъикIаб асар гьабула тIом хIерен ва тамах гьабиялъе.

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...