Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Къуръан-хIадисалда рехсей гьабурал цо-цо малаикзабазул бицен:

 

Жибрил - жив Аллагьасул вахIюялда божилъи гьабун тIад тарав малаик.

МикагIил - жив гIаламалъул ризкъабазда тIад тарав малаик.

Исрапил - Аллагьас жинда сур пуйзе тIадкъарав малаик.

ГIизраил (Малакулмавт) - жив Аллагьас рухIал рахъизе тарав малаик.

Гьал ункъалго ккола малаикзабазул бутIрул, ай бищун чIахIиял малаикзаби (Аллагьасул салам лъеги гьезда).

Мункар-Накир - хабалъ лагъасе суалал кьезе тарал малаикзаби.

Ракъибгун ГIатIид - щивав чиясда цадахъ рукIунел, лъикIалги квешалги гIамалал хъвазе тарал малаикзаби. Цо-цоязда ккола Ракъиб кваранаб рахъалда ва ГIатIид квегIаб рахъалда ругел малаикзаби кколилан. Гьеб гьедин гьечIо, кIиязулго щивасда абула Ракъиб-ГIатIид абун («ФатгIу гIалам» 141).

Малик - жужахIалда тIад тарав малаик.

Ризван - алжаналда тIад тарав малаик.

Забаниятал - ахираталда жужахIалда гIазаб кьезе тарал малаикзаби.

Хазанатул жаннат - алжанал цIунизе тарал малаикзаби.

ХIамалатул гIарши - ГIарш баччулел малаикзаби.

Гьал гурелги анкьалго зобал-ракьал цIурал малаикзаби руго жидер гIададги, гьунаралги, хIакъикъатги Аллагь гуресда лъаларел. Руго тIасиябги гъоркьиябги кинабго гIаламалъул тадбир гьабизе тарал малаикзаби.

Руго ГIарш сверун гIибадат гьабулел малаикзабиги.

Руго къойилго Байтул МагIмуралдеги рачIун, Аллагьасе гIибадат гьабун, нахъе унел малаикзабиги.

ТIадегIанав Аллагьас малаикзаби рижичIо кинабгIаги гьезде хIажалъи ккун, гьел рижана халкъалда Жиндирго кIодолъиги, хIалкIолъиги, хIикматги загьир гьабизе.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...