ХIикматал махлукъатал

Ци
Циял ккола дунялалда ругел хIайваназул бищун чIахIиязул цоял. Гьел рукIуна дунялалъул батIи-батIиял рахъазда, хIатта цIорораб Арктикаялдагун тропикиял керчал рохьазда.
Абула гьезул микьго батIияб тайпа бугин. Щибаб тайпаялъулги руго жидеего хасал хаслъаби ва гIумру гьабулел бакIал. Африкаялда букIун буго «Атласскияб» абураб цо тайпа, амма гьел чIван лъугIун руго.
Циялъ гIалхуда гIумру гьабула 20-30 соналъ. Щибаб циялъ жиндирго гIурхъиги чIезабула. ХIатIал руго къуватал. Малъаз бухъула ракь, гъотIоде ххарулелъул хурхине кумек гьабула, ччугIа кколеб ва тIаде кIанцIулелдаса цIунизеги гьел хIалтIизарула. Малъалги рукIуна гIезегIан халатал.
Циязда кIола нахъисел хIатIазда рахъун чIезе. Гьедин эхетиги кидаго гуро бугеб циялъул ццин бахъинлъун, хIатIазде ци бахъуна сверухълъиялде балагьизе ва махIбачинелъун.
Цияз ракIалда чIезабула киб щиб бугебали, кванала хер, гIиссинпихъ. ЦIакъ бокьула ччугIа.
ХъахIаб ци ккола бищун кIудияб, бихьиналъул чорхол цIайи анкьнусго килограммалдасаги тIаде уна, халалъи абуни лъабго метраялде бахуна. ХъахIаб ци буго лъим ххазе гьунар бугебги. Гьезда кIола, квен яги цIияб (тIад чIун гIумру гьабизе рес бугеб) цIер балагьун анцI-анцI километра нахъа тун рикIаде лъим хан чвердезе. ЦIерги гьез хIалтIизабула тьюленазде чан гьабулеб бакIлъун. Гьезда кIола лъим хан унаго чанго метраялъ къватIире кIанцIизеги. ХъахIаб ци буго гIицIго гьан кваналеб. Ахираб заманалда хинлъи цIикIунеб букIиналъ гьезул къадар дагьлъулебги буго.
КIудияб панда абураб цидул кваналеб жо бамбук букIиналъ, гьелда абула бамбукалъул экспертин. Сордо-къоялда жаниб гьелъ къогогIанасеб гъветI кванала. Пандаялъул квачIазда буго щуго гIадатиябги цо гьезие кумек гьабулебги – анлъго килищ.
Циязул букIуна бергьун махI бачине гьунар. КIола 30 киломметраялъ рикIад бугелъулги халлъизе.
Бурый абураб тайпаялъул циялда кIола сагIтие 50 километрги нахъа тун бекеризе.
Очкаби ретIарабин абураб тайпаялда гьеб цIар рекIана гьезул беразда сверухъ тIанкIал рукIиналъ.
ГIемерисел руго жалго жидедаго чIун гIумру тIамулел. ТIанчIи рахъизе яги цIуялъ тIанчIи гIезарулеб мехалда цадахъ ругел гурони, цогидазулгун хурхен гьабуларо. Гьабураб заманалда тIинчI букIуна дагьаб гурони рас бижичIеб, цаби гьечIел, цIакъ гьитIинаб, 450-750 граммалъул цIайи бугеб, загIипаблъун. ТIинчIги цIуялъ цохIо жинцаго гIезабула. ЦIуялда цадахъ тIинчIалъ бала кIиго-лъабго сон, гьеб заманалда жаниб эбелалъ тIинчIалда кинабго малъула.
Хасало кьижулелъул бегизе бакI жаниб тамахлъи гьабун хIадурула цебеккунго, хадубккунги гьебго бакI хIалтIизабула. Кьижизеги хьолбода бегун кьижула, къанагIат гурони мугъалда яги гIодоб чIаралъубго кьижуларо. Хасало, кьижидал, гьезул рекIел кьабгIи дагьлъула ва черхалъул цIа-канги гIодобе ккола. Гьедин лъугьиналъ цидуе рес кьола чорхол къуват цIунизе. Кьижилалде цебеги гьез рахчизарула жалго ругеб бакIалде рачIунел лъалкIал.
Хасало кьижидал ци хIалакълъула 30-40 проценталъ. Буго бергьун гIинда жо рагIиги.
Циязул буго кIиго гъат расул. ТIоцебесеб, дагьабго къокъаб, хинлъи цIуниялъе, кIиабилеб, ай халатаб, лъим гьукъиялъе. ХъахIаб циялъул расул гъоркьияб гъат буго чIегIераб.
КIотIоч абураб циялъ, гIебеде кIутIбиги ритIун, кквезе щвезе захIматал бакIазда ругел рухIчIаголъаби къватIире цIала.
Малайскиялъулаб абураб тайпа буго бищун гьитIинаб. Гьелъул халалъи букIуна 1,5 метр, рачIчIалда букIуна 3-7 см, борхалъи – 50-70 см, цIайи – 60-70 кг. Жибго гьитIинаб бугониги гьелъул руго бищун халатал малъал – 10 см ва мацI – 25 см.