Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Осьминог

 

Осьминогалда буго лъабго ракI. Аслияб ракI хIалтIула би чорхолъ сверизабизе, хутIараб кIигояб хIалтIула жабрабаздасан кислородги щун, би цIидасан кьабизе. ХIухьел гьез босула жабрабаздасан. Гьел кIиязулго цоялъул хIалтIи гьабулеб нерв хвани, лага хIалтIула бигьаяб хIалалда, жиндир аслияб тIадецуй кIиабилелдеги бикьун.

Гьезул буго 300 тайпа. Гьезул цIайиги буго тайпа халгьабун. Дофлейна абураб тайпаялъул цIайи бахуна 15-30 килограммалде, дандчIвазе рес буго 50 кг ва жеги цIикIкIун бугелги, халалъи бахуна 3-5 метралде ва гьеб тайпа рикIуна бищун чIахIияблъунги. ГIадатиязул цIайи букIуна 2-10 килограмм, халалъи 1-1,3 метр. Бищун гIисинаб тайпаялъул цIайи букIуна цо грамм.

Гьезул би буго цIахIилаб, гьединаб би букIиналъ кумек гьабула гьезие цIорораб лъелъ гIумру гьабизе ва хIухьел босизе.

Гьезул гIемерисел тайпабаз къватIибе биччала щакъи. Гьебги биччала хIинкъи ккедал, жалго цIунизелъун, тIаде кIанцIараб беццлъизелъун. Щакъи букIуна квен бигьинабиялъулаб гIуцIиялда аскIоб бугеб таргьаялъуб.

Цо-цо тайпаби руго кутакалда бергьараб загьру жидеца биччалелги.

Амма гIумру халаталлъун рикIкIунаро гьел. Тайпа халгьабун, гIумру гьабула 6 моцIалдаса 5 соналде щун.

Бищунго гIажаибаб хIикматлъун гьезулъ рикIкIине бегьула кьерал хисун, тIабигIаталъулъ журан, рахчизе бугеб гьунар. Гьезда кIола жидерго тIомол кьер гуребги, чорхол суратги, кьерхенлъиги, аскIоб бугелда жубан, сверухълъиялде данде кколеб къагIидаялъ бахчизе, гьедин гьабула тIаде кIанцIи гьабулелдаса бахчизе, жинцаго чан гьабизелъун, хIатта цогидазулгун бухьен гьабулеб хIалалъулъ.

Азиялда буго цо тайпа 15 гIанасеб батIаяб лълъел рухIчIаголъиялъул сипат-сурат гьабизе бажарулеб.

Гьел рикIкIуна бищун цIодорал хIайваназдасан. Гьезда кIола заман ва бакI халгьабун лъугьараб вакъигIаталъулъ хехаб хIукму гьабизе. ХIехьезе бажарула захIмалъаби.

Гьезие щоларо эбел-инсул тарбия. Гьел рижула бесдалаллъун. РукIа-рахъин гьабула рижиялдасаго щвараб генетикияб программаялда рекъон. Гьезул рижи, хоно лъун хадуб лълъел хIалги рекъезабун, цIуялъ гьел чанго моцIаз цIунула чороклъи тIаде щолел рухIчIаголъабаздаса, жибго абуни, тIанчIи рахъинелдего загIиплъун хола. Бихьинабги, цIуялъулгун бухьен гьабун хадуб хехаб къагIидалда загIиплъула ва хола. Рахъун хадур тIанчIи рачIинахъего лълъелъ риххула ва батIи-батIиял рухIчIаголъаби кванан жалго жидедаго гIола. Амма кутакаб интеллект бергьараллъун рукIиналъ цо-цо жо гьез цогиял хIайваназухъ хал гьабун лъазабула.

Гьезул буго 8 щупалец. Амма зоологаз гьезда абула кверал ва хIатIалин. Гьездаса 6 – квер, гьез тIубазабула квен балагьи, предметазул хал-шал гьаби, хIайван кквей гIадаб хIалтIи. 2 – бох, гьездалъун хьвадула лълъел тIинда. Рихьизе тамахалин кканиги щупальцабиги руго кутакалда къвакIарал, щулиял.

Гьезул гIадалнах буго кутакалда цебетIураб. ГIадатияб осьминогалъул буго 500 миллионгIанасеб нейрон. Гьеб сабаблъун гьезул кверазда кIола, гIадалнах ссун бугониги, батIи-батIиял ишал тIуразаризе, цоялъ цо иш гьабулеб бугони, цогиялъ батIиябги гьабизе.

Ругеб бакIалда жалго цIунизеги хIалтIизарула батIи-батIиял къагIидаби. Жидее зарал гьабизе ракIалда бугелги гьечIелги халлъизе кIола тIаде балагьун.

Щупальцабазул гIуцIиги буго гIажаибаб. Гьезда ругел присоскаби руго захIматал, гъваридал, гIемерал ишал тIуразарулел. Гьел цадахъ хIалтIула махI, тIагIам, унти, тIадецуй, хинлъи-цIорой халлъиялъе. Микьабго гьелда бикIуна 2000 гIанаснб присоска ччорбаздалъун жалги цIурал, щибалъулги жиндаго хассаб нерв бугеб.

Гьезда кIола гIезегIан цIайи бугеб жо босизеги. Зама-заманалдаса присоскабазул хъалги рехула. КъотIараб тIаса араб щупальца бугони, чанго анкьида жаниб цIиябги бижула гьелъул бакIалда.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...