Аслияб гьумералде

Къуръаналъул аят рещтIараб моцI

Къуръаналъул аят рещтIараб моцI

Къуръаналъул аят рещтIараб моцI

Гьалеха, диналъул вацалгун яцал, т1аде щвана хириял моц1ал. Ражаб ана ва х1исаб гьабе кин гьеб т1амурабали. Т1аде щвана шаг1бан ва кват1ич1ого бач1ина рамазанги.

 

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ 12 моцI рехсана. Къуръаналда буго: «ХIакълъунго моцIазул къадар Аллагьасда аскIоб анцIила кIиго буго. Гьедин хъван букIана Аллагьасул тIехьалда зобалгун ракь бижараб мехалда…» (Сура «Тавба», аят 36).

Гьал моцIал цого даражаялда гьечIо. Инсанас тIагIат гьабулеб мехалъ лъикIаб хайир босизе кIола, щайгурелъул хасаб моцIалъ яги хасаб къоялъ кири цIикIкIун кьолелъул. ТIаде щвараб шагIбан моцIги кутакалда хирияб гIужлъун ккола, жиндилъ кири гIемераб. Босарас босила, босичIев - чIового хутIила.

ШагIбан моцIалъул хиралъи гIеларищ, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасде ﷺ салават цIалеян Къуръаналъул аят битIи. Гьеб гIиллаялъе гIоло абула шагIбан Аварагасде ﷺ салават битIулеб моцI бугин абун.

Аварагасде ﷺ салават битIулев чиясе щола анцIго лъикIлъи, анцIго квешлъи тIаса уна ва анцIго даража борхула.

Аварагасде ﷺ салават битIарал чагIазе къиямасеб къоялъ гьесул ﷺ шапагIат щола. 

Абу Давудица бицана Аварагас ﷺ моцI бихьидал абулеб букIанин: «Гьилалу хайрин ва рушдин» - кIиго нухалъ ва хадубги абулаанила: «Аманту биман халакъака» - лъабго нухалъ. 

Гьелда хадуб сура «Мулк» цIализе суннатаб бугинги абула.

ЛъикIал гIамалал гьаризе рес хутIизелъун шагIбан моцI щведал Аварагас ﷺ дугIа гьабулеб букIана: «Аллагьумма барик лана фи ражаб ва шагIбан ва баллигъна рамазан», - абун.

Гьаб хIадисалъ тIоритIел гьабуна дугIа гьабизе суннатаб букIиналде, ай лъикIал гIамалал гьаризелъун. ЛъикIлъиялъ гурони муъминчиясул гIумруги халат гьабуларо. ГIадамазул лъикIав ккола жиндир гIумруги халалъарав ва лъикIал гIамалалги гIемерлъарав чи.

ШагIбан ккола жиндилъ гIемерал лъикIал гIамалал ракIаризе рес бугеб моцI. Гьеб моцIалъ Аллагьас ﷻ моцI хъвалхьана Аварагасе ﷺ мугIжизатги кьун.

Гьеб моцI ккола Аварагасде ﷺ салават битIулеблъун. Жеги гьеб ккола тIаде бачIунеб рамазаналде хIадурлъи гьабулеблъун.

Рамазан - Къуръаналъул моцIин абулебго гIадин, шагIбаналдаги Къуръаналъул моцIилан абула. Щайин абуни, гьеб моцIалъ гIемер Къуръан цIалулеб букIиналъ, ай рамазан моцIалъ ругьунго рукIине. ГIамр ибну Къайсица жиндирго тукен къалаан шагIбан моцIалъ ва Къуръан цIалиялде машгъуллъулаан. 

Гьединго гьеб ккола жиндилъ къибла хисараб моцIлъунги.  Къибла хисиялъул хIакъалъулъ аятги рещтIана. Имам КъуртIубияс абуна, 17 моцIалъгун лъабго къоялъ бусурбабаз Байтул Макъдисалде руссун как банин. Хадуб шагIбан моцIалъ Аллагьас ﷻ амру гьабуна къибла хисейин абун.  

КIудияв гIалим ИсмагIилица абуна: «Мадинаялда Авараг ﷺ чIун лъагIелгун анлъго моцI араб мехалъ Байтул Макъдисалдаса къибла хисана (кагIбаялдехун) шагIбан моцIалъул талат къоялъ».

Имам КъустIуланияс абуна, щиб заманаялъ салават цIализе амру гьабурабин абун гьикъани, жаваб гьабилин гьижрияб кIиабилеб соналъилан.

Ибну Сайф Яманияс абуна, шагIбан кколин Аварагасде ﷺ салават цIалулеб моцIлъун. Щайгурелъул салават цIалеян амру гьабураб аят рещтIана гьеб моцIалъ.

Фахруддин Разияс тафсиралда хъвалеб буго Адамие малаикзабаз сужда гьабунин гьесул надалда Аварагасул ﷺ нур букIиналъ. Салаваталъулъ гIемер хиралъи буго. Цо салават цIалидал анцIго Аллагьасги гьесде цIалула.

ШагIбаналда жаниб буго хирияб сордо, гьебги ккола шагIбан бащалъиялъул сордо.

ШагIбаналъул сордо ккола щуго сардил цояб, ай жиндилъ дугIа нахъчIвалареб. Гьеб сордоялъ бихьизабун буго лъабго нухалъ «Ясин» цIализеги маркIачIудагун боголил каказда гьоркьоб хIажат кколареб калам гьабичIого тезеги. ТIоцебесеб Ясиналъе ният гьабила гIумруялда баракат лъезе абун. КIиабилелъе ният гьабила баракатгун цадахъ ризкъи гIатIилъиялъе. Лъабабилелъе ният гьабила талихIавлъун вукIине, ай рухI бахъи битIун ккеялъул нияталда. Ахиралда дугIаги гьабила.

Тавпикъ кьеги гьеб моцI гIибадаталда тIобитIизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...