Аслияб гьумералде

Дунялалъул хIикматал

Дунялалъул хIикматал

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рещтIун буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Дуца абе гьезда нуж балагьейин зобалаздаги ракьалдаги бугеб жоялъухъ». (Сура Юнус: аят 101). Гьеб кIиялдаго жаниб щиб жо бугебали нужецаго халгьабеян.

ГIелмуялъ бихьизабулеб буго: гьаб нилъеца жинда жаниб гIумру гьабулеб ракьалда сверун буго 34800 миль - гьеб ккола гIага-шагарго 67 азарго километр. ГьедигIан кIудияб жо буго нилъеца жинда тIад гIумру гьабулеб ракь. Гьаб ракьалдаса бакъ кIудияб буго цо миллионгин лъабнусиялда щуазарго нухалъ. Нилъедаса нусиялда кIикъоялда анцIго миллион километралъ рикIкIад буго бакъ. Гьелъ нилъеда бакъ гьитIинго бихьулебги буго.

Бакъ ккола нилъеда зодор рихьулел цIвабзазул цояб. Бакъ малъичIого цогидал цIвабзазул бищунго нилъеде гIагараб цIва нилъедаса рикIкIад буго: 6, 880, 000, 000, 000, километралъ. Бакъудаса нилъехъе канлъи щвезе балеб батани микьго минут, бищунго гвангъараб цIваялдаса нилъехъе канлъи щвезе балеб буго ункъо сонги ункъо моцIги. Канлъиялъин абуни цо секундалда жаниб лъабнусазарго километр нахъа тола.

Цадахъ алат гьечIого гIадатиял бераздалъун инсанасда рихьизе кIола лъабазаргогIанасеб цIва. ГIелмуялъул баяназда рекъон, зодор руго миллиардал мажарратал, цIвабзазул руккелал (галактикал). Щибаб мажарраталдаги руго миллиардал чIахIи-чIахIиял цIваби. Нилъер бакъ гьоркьобе унеб мажарраталда (галактика) абула «Алабани - млечный путь» абун. Гьелда жанирги руго, нилъер бакъудаса миллионал нухаз чIахIиял гIемерал цIваби.

Нилъер мажарраталъул цо рагIалдаса цоги рагIалде щвезе ккани, цо секундалда жаниб лъабнусазарго километр толеб канлъиялъе къваригIинехъин буго нусазарго сон. ЦIвабзазул гIаламалъул цо рагIалдаса цогидаб рагIалде щвезе ккани, цо секундалда жаниб лъабнусазарго километр нахъе толеб канлъуе къваригIинехъин буго 26 миллионалдасаги цIикIкIарал сонал. Къокъго абуни, зодор ругел цIвабазул чIахIалъиялъулги, гьарзалъиялъулги, рикIкIалъиялъулги пикру гьабураб мехалъ инсанасул гIакълу хIайранлъула.

Гьанжеги халгьабе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бижараб капураздаги бусурбабаздаги бихьулеб гьаб гIаламалъул кIодолъиялъул, гьал киналго цIваби руго гIицIго бищун нилъеде гIагараб гъоркьияб зоб берцин гьабулел жал. Гьедин абулеб буго Къуръаналъул чамалиго аяталъ. Гьанжеги пикру гьабе, гьелдасаги тIадехун ругел цоялдаса цоял чIахIиял анкьалго зобалазулги, гьезда гьоркьоб бугеб манзилалъулги, гьезда жанир ругел малаикзабазулги. Гьанжеги халгьабе, ГIарш-Курсалъул кIодолъиялъул.

ХIадисалда абулеб буго: «Анкьалго зобалги, киналго ракьалги, Курсалде дандеккун, цо кIудияб гIалахалде рехараб рахсил кIиликIгIадаб жо буго, зоб-ракьалдаса Курс кигIанаб къадаралъ кIудияб батаниги, гьебго къадаралъ Курсалдаса ГIаршги кIудияб буго», - ян.

КантIизари:

Инсанасул загIипаб гIелму нахъгIунтIичIогойин абун, анкьалго зобалгун ГIарш-Курс гьечIилан абизе бегьуларо. Гьел рукIин нилъеда бицунеб буго тIолго гIалам бижарав ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ, гьесул хирияв Аварагасги ﷺ, ай Къуръан-хIадисалъ. Къуръан-хIадисалдайин абуни хIакъаб гуреб жо букIунаро. Гьанжеги пикру гьабе, гьабгощинаб гIалам бижарав Аллагьасул ﷻ кIодолъиялъулги ханлъиялъулги. Гьабго гIалам Гьесда бижизе кIола лахIзаталдасаги къокъаб заманалда, гьединго пана гьабизеги кIола. Къокъго абуни, тIолабго гIалам ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялъул цо чIор гIадаб жо. Гьединлъидал Аллагьасул ﷻ кIодолъи тIадегIанлъи гIорхъи гьечIеб буго.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...