Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ бегьуларел сифатал

Аллагьасе ﷻ бегьуларел сифатал

Жакъа гIемерал чагIи руго социалиял гьиназдасан жидедаго лъаларел жал рицунел. Нилъер гIакъида мекъи бугони, чи къосараб нухда вукIуна. Гьединлъидал, нужеца пикру гьабе, лъихъа гIелму босулеб бугебали. БитIараб-мекъаб лъазе ккани, дин лъазе ккола яги мухIканал гIалимзабазда аскIовеги ун лъазабизе ккола. Бищун аслияб жоги лъазабун, гIакъидаялде жаниве лъугьун щакдаризе лъугьунев чиясе хIарамаб буго гьеб баянго лъазабизе. Гьесда тIадаб буго бищун къваригIунел аслиял суалал лъазаризе.

Хасго гIаммаб халкъалъе имам Гъазалияс хъвалеб буго кIиго магIна кьезе рес бугел аятазул ва хIадисазул хIакъалъулъ. Аварагас ﷺ абуна гIадамазул гIакълуялда рекъон кIалъаян. Къуръаналдасан кинабго жо чиясда бичIчIизе тIадаб гьечIо, гьелъие хасаб агьлу, гIалимзаби руго, имам Гъазалияс хъвалеб бугеб гIадин. ЦIодорлъи гьабе, диналъул вацал.

1. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIакъикъияб кIодолъиялдаги, тIадегIанлъиялдаги, камиллъиялдаги живго Аллагь I гурони щивго нахъгIунтIуларо.

2. Инсанас Аллагьасул ﷻ заталъул пикру гьабун, кинаб хIалалда Гьев цевечIезавизеян лъугьаниги, Аллагь ﷻ гьелда релълъарав гьечIо, инсанасул пикру кинго Гьесда нахъгIунтIизе рес гьечIелъулха. Гьединлъидал Гьесул заталъулъ пикру гьабулев чи мекъи ккола.

3. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ 99 берцинаб цIар буго, гьел рикIкIарав чи алжаналде лъугьуна.

4. Аллагь ﷻ цо вугилан абураб жоялъул магIна ккола, Гьев цо вуго заталъулъги, сифатазулъги, афгIалазулъгиян (гьарулел ишазулъ) абураб. Гьесул зат щибниги жоялъулъ гьечIо, жив тун батIияб жо Гьесул заталъулъги гьечIо, Гьесул зат цогидаб жо гIадин бутIабаздасаги лугбаздасаги гIуцIарабги гьечIо, бутIабазде бикь-бикьулебги гьечIо. Гьесул цониги сифат цогидаб жоялъулъги гьечIо, цогидаб жоялъул сифат Гьесда жанибги гьечIо. Гьесул сифаталги цо-цо гурони гьечIо. Гьесул лъай, бокьи, хIалкIолъи, бихьи, рагIи, кIалъай, щибаб сифат цо-цо буго. Цо лъай абураб сифаталдалъун Гьесда кинабго лъала. Цо бокьи абураб сифаталдалъун Гьесие кинабго бокьула ва гьединго цо-цо сифаталдалъун кинабго бихьула, кинабго рагIула, кинабго абула. Гьес бижулеб жоялъулъ, гьабулеб ишалъулъ Гьесдехун гIахьаллъи гьабулеб щибниги жоги гьечIин абураб магIна ккола Аллагь ﷻ цо вугин абуралъул.

5. Аллагь ﷻ сундего хIажалъуларо, кинабго жо Гьесде хIажалъула, ай кинабго батизе, хьихьизе, цIунизе кканиги Гьесде хIажалъула. Аллагьасул ﷻ ватиги, жиндир авал гьечIеб затияб, ай сундаго бачIеб буго. Цогидаб жо гIадин чIолеб бакIалдеги Гьев хIажалъуларо, Гьесие бакI-рахъги гьечIо, заманабаз хисизеги гьавуларо, Гьесие заманабиги хисуларо, амма Гьес заманаби хисизарула. БакI, заман, рахъ бижилелде вукIарав вукIухъе, гьанжеги вугев вацIцIадав Аллагь ﷻ вуго.

6. Инсанасул вижиялъе байбихьи авал бугебго гIадин, гьесул сифатазеги авал буго. Гьесул лъайги, хIалкIолъиги, бихьиги, рагIиги, кIалъайги - цере рукIинчIел, хадур раккарал руго. Аллагьасул ﷻ сифаталин абуни, живго гIадин авал гьечIел, азалиял руго. Гьединго Гьев нахъе хутIулевго гIадин, Гьесул сифаталги нахъе хутIулел, тIаса унарел руго.

7. ТIадегIанав Аллагь ﷻ сундего хIажатав, сундаго релълъарав, лугбаздаса гIуцIарав гьечIелъул, Гьесда бихьула берал гьечIого, рагIула гIундул гьечIого, кIалъала кIал-мацI, гьаракь, хIарп гьечIого, лъала гIадалнах гьечIого, кинабго жо гьабула кверал гьечIого, алат хIалтIизабичIого, Гьесие цо жо бокьарабго бокьухъе лъугьуна.

8. Гьесул бихьиги инсанасул бихьиялда релълъараб гьечIо. Инсанасда кинабго жо бихьуларо, цебе гьечIеб бихьуларо, цIакъго гьитIинаб, рикIкIада, бецIаб бакIалда бугеб бихьуларо, цо жоялъухъ балагьидал, цогидаб бихьуларо. ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьал гIунгутIабаздаса вацIцIадав вуго. Гьесда зодоб бугеб бакъги, бецIаб ралъдал тIинда бахчараб зарраги, цогидабщинаб жоги цо къагIидаялъ бихьула.

9. Инсанасул хIалкIолъиялъе гIорхъичIвараб буго, гьев гIажизлъула бокьа-бокьараб жо гьабизе, гьев кумекалде, алаталде хIажалъула, гьесие цо жо бигьалъула, цогидаб захIмалъула, ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьал гIунгутIабаздаса вацIцIадав вуго. Гьесие батIалъи гьечIо кинабго гIалам бижаниги, зарра бижаниги, лахIзаталдасаги къокъаб заманалда гьесие бокьараб жо бокьухъе лъугьуна.

10. Инсанасда кинабго гьаракь рагIуларо, гьитIинаб, рикIкIада бугеб сас рагIуларо, цо гьаракьалъ гьесда цогидаб гьаракь рагIизе толаро. ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьал гIунгутIабаздаса вацIцIадав вуго, Гьесда кигIан гьитIинабги, кигIан рикIкIадабги сас рагIула, Гьесда рагIулареб жого букIунаро.

11. ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бокьаралъул гIаксалда щибниги жо лъугьунаро, лъицаго щибго жо гьабизе Гьев тIамуларо, Гьес тIаса бищун букIуна кинабго жо.

12. Аллагь ﷻ кивго вугилан абизе бегьуларо, жиндир лъаялдалъун, жиндир хIалкIолъиялдалъун кинабго жоялда цадахъ вугилан абизе бегьула, ГIаршалда тIад чIун вугиланги абизе бегьиларо.

13. Дунялалда ТIадегIанав Аллагь ﷻ цохIо МухIаммад Авараг ﷺ тун батIияв цониги чиясда вихьичIо, вихьизеги гьечIо, ахираталда муъминзабазда вихьизе вуго.

14. КиналгIаги кверал, бохдул, берал, лугбал, анлъалго рахъал (тIад, гъоркь, цебе, нахъа, кваранаб, квегIаб) ватIалъихурхин, вагъари-чIей, куц-форма, бакI-заман, бутIабаздаса гIуцIи, бутIабазде викьи ва цогидалги рижарал жалазулъ рукIунел сифатаздаса ТIадегIанав Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, Гьев сундаго релълъарав гьечIо, Гьесда релълъарабги щибго жо гьечIо.

15. Цебе рехсана ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIакъикъияб кIодолъиги, тIадегIанлъиги, камиллъиги, жив тун батIиясда лъидаго лъаларилан. ХIатта аварагзабазда, малаикзабазда лъоларо Гьесул хIакъикъияб кIодолъи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хириял аварагзабазе, малаикзабазе, вализабазе Жиндирго гIемерал хIикматал балъголъаби рагьула, жал цогиязе рагьуларел. Гьелда рекъон букIуна гьезда ТIадегIанав Аллагь ﷻ лъайги, Гьев вокьиги, Гьесие гIибадат гьабиги.

Амма Гьес бижараб гIаламалъул кIодолъиялъухъ хIикматалъухъ, берцинлъиялъухъ балагьиялдалъун нилъедаги лъала, Гьесул тIадегIанлъиги, кIодолъиги, хIалкIолъиги, хIикматги, лъайги гIорхъиго гьечIеб букIин. Гьединлъидал нилъеда лъазе ккола гьаб нилъеда сверун бугеб, Аллагьас ﷻ бижараб гIаламалъул кIодолъиги, нилъеца пикруги гьабизе ккола Гьес бижарабщинаб жоялъул.

Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Нужеца Аллагьасул ﷻ пикру гьабуге, Гьес бижараб жоялъул пикру гьабе», - йилан. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги рещтIун буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Дуца абе гьезда нуж балагьейин зобалаздаги ракьалдаги бугеб жоялъухъ». (Сура Юнус: аят 101). Гьеб кIиялдаго жаниб щиб жо бугебали нужецаго халгьабеян.

(Хадусеб букIине буго)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Районалъул ифтIар

Гъуниб росулъ тIобитIана районалъул тIолалго росабалъа рачIарал гIадамаз гIахьаллъи гьабураб кIалбиччаялъул мажлис. Гьениб бицана цолъиялъул ва цадахъ рекъон рукIиналъул бугеб кIваралъул, рамазан моцIалъул хиралъиялъул ва гьеб индалги гьабулеб гIибадат гьоркьоб къотIизе тезе бегьулареблъиялъул...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...