Аслияб гьумералде

Чара гьечIого лъазе ккола

Чара гьечIого лъазе ккола

ЖамагIат гьабун как бай ккола цIакъ беццараб пиша. Гьединлъидал гьелда хурхарал хIукмаби лъазаризеги тIадаб буго щивав чиясда.

Как бухьунаго имамасда нахъвилълъине яги имамасда нахъвилълъун жамагIаталда как базеян ният гьабила. ГIадамаз гъалатI биччала, масала, суннат имамас гьоркьоб биччани, гьеб гьабизе лъугьин. Масала, имамас тIоцебесеб «АттахIияту» гьоркьоб биччани, яги сагьвилъиялъул, яги Къуръан цIалиялъул сужда гьабуни, гьес гьабураб жо нахъа вугес гьабичIони, гьесул как биххула.

Имамасдаса, какилъ вахъун чIараб бакIалда, цеве ккунгутIи. Какилъ гIодоре-тIаде къулулел рукнабазул гIузру гьечIого кIиго рукнуялъ цеве яги нахъе ккунгутIи. Мисалалъе, имам рукугIалдеги ун гьениса игIтидалалде ворхун суждаялде ине байбихьани, нахъвилълъарав чи жеги вахъун чIун вугони, гьесул как хола, лъан, бокьун гьабун батани.

Гьединго как хола имам рукугIалде иналде маъмум рукугIалде ани, цинги рукугIалдаса имам ворхилалде маъмум ворхани, имамас сужда гьабилалде маъмумас сужда гьабуни. ЛъачIого, кIочон тун имамасдаса маъмум кIиго фигIлияб (черхалъ гьабулеб) рукнуялъ цеве ккани, нахъги вуссун цIидасан имамасда хадуб рукугIги сужудги гьабизе ккола, нахъвуссинчIони - как батIуллъула.

Цо фигIлияб рукнуялъ бокьун цеве ккани, как батIуллъуларо, амма гьеб хIарамаб буго ва гьеб чIахIияб мунагьалдаса ккола. Цо рукнуялъ цеве ккарав чиясеги суннатаб буго нахъги вуссун имамасда нахъвилълъине. Амма имам суждаялда яги тIоцебесеб «АттахIиятуялда» вукIаго маъмум тIаде вахъани, гьев нахъвуссине тIадаб буго, вуссинчIони - как хола.

РагIул рукнуялъ маъмум имамасдаса цеве ккани, гьесул как батIуллъуларо. (РагIул рукнаби ккола как бухьиялъул такбирги, «АлхIам» цIалиги, ахирисеб «АттахIияту» цIалиги, ссалат битIиги, салам кьейги). Амма как бухьиналъул «Аллагьу акбар» абулаго яги салам кьолаго маъмум имамасдаса цеве ккани, саламалъулъ цеве ккедал цIидасан какги бухьине ккола, цIидасан саламги кьезе ккола, кьечIони - как батIуллъула.

«АлхIам» «АттахIияту» балъго цIалулеб бугониги, имамасул цIалиялдаса хадуб ккезабизе суннатаб буго. Имамасда цадахъ (нахъе ккечIого), какил киналгIаги рукнаби гьаризе карагьатаб буго, гьелъ как батIул гьабичIониги жамагIаталъул кири хвезабула. Бищун хирияб буго имам рукугIалде щварабго маъмумас рукугIалде ине байбихьун, рукугIалдаса гьев ворхаравго маъмумас ворхизе байбихьун, гьев суждаялде щваравго маъмумас суждаялде ине байбихьун, гьеб куцалъ имамасда хадуб как базе.

Имамасулги нахъа чIарав чиясул какил гIуцIи релълъараб букIинги буго шартI. Масала, жаназаялъул яги бакъ-моцI кквеялъул как балев имамасда хадуб маъмумас щуялго паризаял какал разе бегьуларо. Ниятги ракагIатазул рикIкIенги батIи-батIияб бугониги, кIиязулго какил гIуцIи релълъараб бугони, имамасда хадуб маъмумас как базе бегьула.

Масала, рогьалил, маркIачIул как балев имамасда хадуб бецIун къалъул, бакъанил яги боголил как базе бегьула. Гьединго сапаралда ругони, цояс маркIачIул, цояс боголил как бухьине бегьула. Гьединго суннатаб как бухьарасда хадуб паризаяб бухьинеги бегьула. Амма гьедин жамагIат гьабуралдаса батIаго как базе хирияб буго.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...