Аслияб гьумералде

МугIрузул хIалтIи щиб?

МугIрузул хIалтIи щиб?

Къуръаналда, «Аварагзаби» абураб сураялъулъ буго дунялалда мугIруз тIубалеб ишалъул бицараб аят. МагIна: «Ва Дицаги гьаруна ракьалда тIад жал чIезарурал мугIрул, гьеб ракь гьелгун цадахъ гьар-гьадун багъа-бачаризе гурилан…».

Божизе захIматго букIунеб батизеги бегьула цо-цоязе гьадинаб гIелму Къуръан рещтIараб гIасруялдаго рагьун букIанин абуни. Кинниги геологияб гIелмуялъ загьирго чIезабуна мугIрузул гIуцIи ракьул хъалалъул кIуди-кIудиял къанал цоцалъ тункун лъугьарал рукIин.

Къоабилеб гIасру байбихьилалдего, гIалимзабазда ракIалде кколеб букIана, мугIрул цого-цо ракь лъугьунаго, дунялалда тIад хутIарал борхалъабазул кIвар, гьезие гIадлъана, мугIрул ракьалда тIад раккарал борхалъаби ва гохIккелал гурелги, гьезул гIурал гъваридал кьалбалги рукIин.

Ракьул гъаталда жанир анцIго-анцIила щугогIан тIаде раккаралдасаги гъварилъуде арал ругин. Гьел релъинаризе бегьула магIазда, ракьул къаназда тIад чIварал гьел щулаго рукIине. Мисалалъе, Эверест мегIералъул борхалъи бащалъула ичIазарго метралда, амма гьелъул кьалбал руго ракьул чохьонир нусиялда къоло щуазарго метралдасаги гъваридго.

МугIрулги гьезул кьалбалги лъугьунел руго ракьул гъаталъул кIудиял къанал цоцалъ тункиялдалъун, гьел цоцалъ тункараб лахIзаталъ къвакIараб ракьул къоно унеб буго цогидалда гъоркье.

ТIадехун ккараб ракьул къоноялъул дагь-дагьккун мегIер лъугьунеб буго, амма гъоркьияб рахъ абуни, гъварилъуде ун, мугIрузул кьалбазде сверулеб буго. Гьадин бицун буго мугIрузул кIваралъул, геологияб гIелмуялъул тIахьазда.

МУХТАРАХIМАД МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...