Аслияб гьумералде

Караматалъул хIакъикъат

Караматалъул хIакъикъат

Караматалъул хIакъикъат

ЛъикIал чагIазеги авлияазеги карамат букIин хIакъаб жо буго. ГIакъидаялъул тIахьаздаги рехсола гьеб хIакъаб бугилан. Амма гIемерисезда ракIалде ккола карамат хас гьабун гIажаибал жал гьари бугилан. ХIакъикъияб караматин абуни ккола дин щулаго ккун, гьелъул кинабго жо гьаби. Гьелда абула истикъаматилан.

 

Абул ХIасан Щазалияс абуна хIакъикъияб карамат кколин гьаниве-дове кьуричIого, ай истикъаматалда чIун дин гьаби, гьелъул камиллъиялдеги вахун. Гьебги букIуна сахIихIияб иманалдалъун Аллагьасда ва загьиралдаги батIиналдаги Аварагасдасан ﷺ бачIанщинаб жоялда нахъвилъиналъ.

АхIмад ХIарун шайихас абуна: «КIиго карамат буго жинда хадуб карамат букIунареб: иманги истикъаматги. Нужеда гьеб кIиябго пуланав чиясулъ батани, гьесдаса карамат нужеца тIалаб гьабуге. Истикъамат ккола щулаго дин ккун чIей. Гьебги ккола бищун караматалъул тIадегIанаб. Гьедин мухIканго, щулаго дин ккун чIей гурищ нилъее киназего къваригIун бугеб?»

Цо-цоязда ккола карамат бугев вали тIадегIанав вукIунин карамат гьечIесдаса. Имам ШафигIияс абун буго: «Карамат бугев чи хирияв вугин абураб магIна кьоларо карамат гьечIев чиясдаса. Карамат гьечIев чи вукIине бегьула тIокIавги хириявги карамат бугесдаса. Карамат кьола якъин, ритIухълъи ва хиралъи гьесулъ щула гьабизе, амма бищун тIокIав, хирияв вугин абураб жо гьеб кколаро. Хиралъи букIуна якъин щулалъиялдалъун ва Аллагь ﷻ лъаялъул камиллъи щвараб мехалда.

Щайин абуни, Аварагас ﷺ бихьизабидал, килищги битIун, такъва рекIелъ букIунин абун. Нилъ сунцаниги тIокI гьаруларо цохIо рекIелъ бугеб такъваялъ гурони. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго нилъер гьурмаздеги черхазда ТIадегIанав Аллагь ﷻ балагьуларин, кинниги Аллагь ﷻ балагьулин нилъер ракIазде.

Валиясул карамат ккола гьесул такъваги истикъаматги, ай гьес мухIканго дин кквей букIин.

Имам Абу ХIанифаца абуна: «МугIжизатал аварагзабазе ва караматал авлияазе хIакъаб буго. Амма тушбабазе букIунеб караматазда релълъараб жо, мисалалъе, иблисалъе, фиргIавние, дажалие, жиб хIадисаздаги бицараб, гьелда мугIжизатин, караматин абуларо. Щайгурелъул гьезие Аллагьас ﷻ хIажат тIубаялъе кьураб букIун гьеб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тушбабазул хIажат тIубала гьезие гIакъуба, куфру ва мунагь цIикIкIинелъун. Гьединаб жо букIине бегьула ва биччала».

СагIид Рамазан БутIияс абуна: «МугIжизатлъун аварагзабазе букIине бегьулебщинаб жо валиясе караматлъун букIинеги бегьула. Амма гьелда гьоркьоб батIалъи буго. МугIжизаталъ гIадаталда рукIине рес гьечIел жал гьарула ва гIадамалги хIайранлъула. Амма караматалъул гьеб къуват букIунаро. Гьелда тIадрекъана агьлу суннат ва жамагIаталъул гIемерисел гIалимзабиги».

Карамат гьечIолъиялъ валиясул макъам гIодобе ккезабуларо. Имам Къушайрияс абуна, карамат валиясе загьиралда гьечIин абураб жоялъ гьев вали вукIиналъе мукъсанлъи кьоларин.

Закария Ансарияс абуна, гIадамазда гьоркьоб хиралъи букIунин якъин, иман цIикIкIиналдалъун, карамат загьирлъиялдалъун букIунарин абун.

Имам Къушайрияс абуна: «Нужеда лъай, бищун авлияазе тIадегIанаб караматлъун ккола тIагIаталда кидаго даимго вукIин, гIасилъи ва рекъоларелщинал жалаздаса цIуни».

Имам АхIмадица абуна:«Нужеда лъеда тIасан унев яги хIинчIгIадин воржунев чи вихьани, нуж гьелъ гуккизе чIоге, гьесул амруялъул ва нагьюялъул ахIвал-хIал лъазегIан».

Караматалъул хIакъикъат рехседал, нилъеда бичIчIана гьеб истикъамат бугеблъи. Амма гIадатияб куцалъ рукIине рес гьечIел жал гьарулел караматал цIакъ беццулеб жо гуро. Гьединлъидал Сагьлу ибну ГIабдуллагь Тустурияс абураб: «КIудияб караматлъун ккола квешаб тIабигIат нафсалдаса хисун лъикIаб тIабигIаталде буссин», - ян.

Гьелдаса кIудияб карамат щиб букIунеб, нафсалда дандечIун, гьеб квергъун тIадегIанал тIабигIатазде чи вахараб мехалда?

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...