Аслияб гьумералде

Как баялъ гIумру халат гьабула

Как баялъ гIумру халат гьабула

Микулин абурав академикас ургъун буго гьабизе бигьаяб ва пайдаяб гимнастика. Гьелъ кумек гьабула бидул тIадецуй рекъезабизе, бидул хьвади лъикIлъизабизе ва бидурихьал руччунгутIизе. Жеги гьелъ лъикIлъизабулеб буго гIадалнахалъул хIалтIи ва гьеб гьабулесул бетIер унтиги гIемер букIунеб гьечIо.

Гьеб гимнастика гьабулеб къагIидаги гьадинаб буго: хIатIазда витIун вахъун чIа, цаби данде къай. Ракьалдаса угъдул 4-5 сантиметралъ тIаде рорхе, цинги хехго риччан тун, ракьалда кьабизаре. Гьединаб тункиялъул хIасилалда бидурихьазул клапаналги рагьун, жеги цIикIкIараб къуват щола би эхеде туркIизабиялъе.

Гьединаб гимнастика къойида жаниб щуго нухалда гьабизе лъикIаб буго ва 30 нухалда такрарги гьабила. Гьебги щибго гIедегIичIого, цо секундал жаниб цо тунки кколеб хIалалда. Гьединаб гимнастика цIакъго пайдаяб буго гIодор чIун гьабулеб жидер хIалтIи бугезе. Гьеб гьабизе бегьула рекеризе яги рилълъанхъизе бегьуларезги. Черх туркIизаби лъикIаб профилактика буго бидурихьал руччин, инфаркт-миокарда ва инсульт ккеялдаса цIуниялъе.

Гьанже балагьеха, бусурбаби, гьаб гIелмияб цIех-рехалъул хIалтIи буго гIагашагарго 1977-абилел соназда гьабураб жо. Гьелдаса, ай 1400 соналъ цебе халкъалъулго хирияв авараг МигIражалде Аллагьасги вачун, бусурбабазда тIадаблъун гьабуна къойида жаниб щуго нухалда как бай. Гьев академикас гьабураб гIелмияб хIалтIиялда жаниб гьесда батараб черхалъе ва сахлъиялъе пайда бусурбанчияс балеб щуябго какалда жаниб гьечIищ?

Гьединаб гимнастика къойида жаниб щуго нухалда гьабизе лъикIаб буго

ГIалимзабаз бицунеб рагIула диналъул киналниги ахIкамазда жанир ругин лъун черхалъегун сахлъиялъе ва ахираталда даражабазе мустахIикълъиялъул пайдаби. Гьезул цояб ккола гьав академикас рагьараб гIелмияб хIалтIиги. ХIатта гьес хъван буго «ГIумру халат гьаби» абураб тIехь, гьелда жанибги рехсолеб буго гьаб гимнастикаялъул къагIида. Гьаб гьечIищ бищунго кIудияб хIужжа исламалъул тIадкъаял берцинго тIураялда жаниб сахлъи цIуни букIиналъе.

Аллагьас тавпикъ кьеги БетIергьанасул киналго тIадкъаял берцинго тIуразаризе!

МУХIАММАД МАЛЛАЕВ, МАХIАЧХЪАЛА ШАГЬАР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...