Аслияб гьумералде

Муфтиясулгун дандчIвай

Муфтиясулгун дандчIвай

Муфтиясулгун дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби! «Ас-салам» казияталъе тIоцебе кьучI лъурав чи ккола ЧIикIаса СагIид-афанди. Гьесул хIакъалъулъ бицинчIониги, бокьарав чиясда лъала гьесул макъам-даража. Гьесдаса хадур цогидал машаихзабазги гьелде кIудияб кIвар буссинабуна. ГIабдулжалил-афандияс цониги номер гьоркьоб биччачIого гьеб цIалулинги бицана.

 

 

 

 

 

 

Кинабниги кIваргун къуват гьелде кьолев Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиги вуго. Гьесул заманалда «Ас-салам» казият бахана республикаялъул даражаялдаса ТIолгороссиялъулгоялде. ГьабсагIат гьеб тIибитIун буго Россиялъул киналго регионазда. МагIарулги гIурусги гурони цоги мацIазда букIинчIеб казият жакъа къоялъ 13 батIияб мацIалда къватIибе бачIуна.

«Ас-саламалъул» кумекалдалъун гIемерав чиясе рес щвана исламалъул хIакъалъулъ битIараб рахъ лъазе, бусурбабазул берцинаб гIумруялъулгун лъай-хъвай гьабизе. Казият лъугьана хIакъаб динги босун щибаб рокъобе бачIунеб Аллагьасул чапаралъул бакIалда. Советияб заманалда лъида ракIалде кколеб букIараб рокъобе гьадинаб казият щвезабулеб заман букIинин абун. Гьадин букIине бугин абунигицин, цониги чи божилароан. Балагьеха Аллагьас нилъее кьун бугеб рахIматалде. Гьедин букIин лъалеб бугониги, нилъ кIвахIаллъулел руго казият хъвазе ва цIализе. Гьедин ругони умумузул букIараб заман тIадбуссинеги рес буго. Гьединлъидал, кьураб нигIматалъе шукру гьабун, «Ас-салам» казияталде жеги цIикIкIараб кIвар кьезе рекъараб буго.

 

 

 

 

 

 

Гьаб казият баракатаб букIиналъе далил нилъеца цебеккун бицана. Гьелде тIадеги, шайих АхIмад-афандияс гьелде кьолеб буго кIудияб кIвар. Гьелъие нугIлъи гьабула гьал къоязда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс «Ас-салам» казияталъул редакторзабазулгун, хIалтIухъабазулгун тIобитIараб данделъиялъги. КигIанги заман гьечIев, хIалтIи цIикIкIарав чи вугониги, нижер коллективгун гIодов чIун, хIалтIи дандбан, хадубккун гьабизеселъе гIакълаби кьуна ва насихIатал гьаруна. Гьединал данделъабаз кьола хIалтIуе лъикIаб чIаголъи ва къуват. Устарзаби рихьиго ккола кIудияб асар гьабулеб жолъун.

Гьелеха бусурбаби, устарзабазул балагьи ва квербакъи, гьезул амруялда гъоркь къватIибе биччалеблъун ккола нужеда кодоб бугеб «Ас-салам» казиятги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...