Аслияб гьумералде

Бекьарас бакIарула

Бекьарас бакIарула

ХIурматияб диналъул агьлу! Гьаб буго ихдалил заман. Нилъер республикайин абуни ккола росдал магIишаталъул хIалтIи цебетIуразул цояб. Жинцаго квине букIине хIалалб ризкъи бекьун ракьалдаса бачIинаби исламалъги цIакъ беццараб рахълъун ккола. Хасго гьеб иш кIвар бугеблъун буго химикатал хIалтIизарун гIезарурал нигIматал гIемерлъараб гьаб заманалда.

 

Гьединал пихъазгун овощаз инсанасул сахлъиялъе зарал гурони гьабуларо. Гьелда бан гIибадат гьабизе къуватги букIунаро. Хасго гьаб заманалда тIибитIун буго рак унти. ГIалимзабазул цIех-рехазул баяназда рекъон, гьелъие аслияб гIиллаги ккола кванилъ заралиял химикатал гIемер рукIин. Гьеб къварилъи тIаса уна щивав чияс жинцаго гIезаризе хIаракат бахъани квание къваригIунел сурсатал.

Гьаб заманалъул гIолилаз тIубанго рехун тун буго дагьабниги къо бихьулеб хIалтIи гьабиялъул иш. Бигьалъиялда хадур лъугьиналъ сахлъиги къурбан гьабулеб буго. Гьелъие аслияб гIиллаги ккола жагьиллъи. Жагьлу диналда жаниб гурониги букIуна. Гьединлъидал жив хIажатаб щиб бугониги жо лъазабиялде кIвар кьезе ккола щивав чияс.

 

ГъутIби чIеялъул хиралъи

Аллагьасда ﷻ аскIоб гъветI хIурматияб ва къимат бугеблъун букIин нилъеда бичIчIизелъун, Аллагь ﷻ хирияб Къуръаналда гъветIалдалъун гьедана. ХIатта ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда анцI-анцI бакIазда рехсей гьабуна гъотIол хIакъалъулъ. Гьелъул рехсей гьабун буго Аллагьас ﷻ гьедулеб бакIалдаги: «ИнжиралхIаги ва ОливкаялхIаги», - абун. Гьединго Аллагьас ﷻ гъотIодалъун мисал бачун буго хирияб Къуръаналда Жиндирго хIалкIвей гIадамазда бичIчIизабизе. Цоги сураталда Аллагьас ﷻ бицунеб буго аварагас ﷺ муъминзабазул гьабураб къотIиялъул. Гьеб вакъигIат бицунаго Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Гьез дургун къотIи гъотIода гъоркь гьабидал», - абун.

 ГъветI чIей хирияб букIиналъул хIакъалъулъ гIезегIан хIадисал руго. ГъветI чIей ккола хирияв аварагасул ﷺ ва цере рукIарал лъикIал гIадамазул нух.

Салманул Фарисица бицун буго: «Лагълъиялдаса дун тархъиялъе шартIлъун бихьизабуна щунусго пихъ кьолеб гъветI дица гIезаби, гьеб гIедал дун узденавлъунги лъугьунаан. Дица гьеб шартIалъул аварагасда ﷺ бициндал, гьес абуна: «Дуе чIезе бокьун батани, дуца дие изну кье, дица чIела гьел гъутIби», - абун. Изну кьедал, хирияс ﷺ цо хутIизегIан киналго гъутIби чIана, гьеб цо гъветI дицаго чIун букIана. Кинабго гъветIалъ пихъги кьуна, дица чIаралъ хутIизегIан», - ян.

Аварагас ﷺ жиндирго квералъ гIемерал гъутIби чIана, хIатта гьесул хириял квераз чIарал гъутIбуздаса чIараб сагIаталъго пихъги кьун гIадамаз кваналебги букIана. Жинцаго чIеялда гIей гьабичIого хирияв аварагас ﷺ нилъ ахIана ва гьесизаруна гъутIби чIеялде. «Бусурбанчияс гъветI чIани яги рекьи гьабуни ва цинги гьеб гIадамаз яги хIайваназ кванани, гьесие гьелъухъ садакъа кьурабгIан кири букIуна», - ян буго Муслимица бицараб хIадисалда. Гьебго хIадисалъул цоги риваяталда буго: «Бусурбанчияс гъветIги чIун гьелдаса кванараб, бикъараб, хIинчI-гъедоялъ, хIутI-хъумуралъ, гIалхул жанаваралъ хъамураб, цогидав чияс босараб жо садакъа ккола», - ян.

Абу Аюбил Ансарияс бицараб хIадисалда буго: «Жинца гъветI чIарав чиясе Аллагьас кьола гьелдаса бахъараб пихъил къадаралда кири-даража», - ян.

Инсан хун хадуб гьев хабалъ вукIаго гьесие кири бачIунел жалазул аньгоялда гьоркьоб аварагас ﷺ рехсолеб буго гъветI чIей.

Анас бин Маликидасан бицун буго, аварагас ﷺ абунин: «Нужер цоясда къиямасеб къо чIолеб бихьани, ва гьесда кодоб гъотIол чIорги бугони, гьесда гьеб чIеян абе».

ГъутIби нилъеца гIемер чIеялде ахIулеб жоялдасан ккола, хирияв МухIаммад аварагасе ﷺ къиямасеб къоялъ шафагIат гьабизе изну кьезе бугила дунялалда тIад ругел гъутIби рикIкIун, ай гьезул къадаралда. Гьединлъидал, нилъеца гъветI гIемер чIанагIан шафагIат щолел гIадамалги цIикIкIуна.

Гьаб заман хехго ун батула. Амма чIараб гъотIоца дагьаб заманалдасан пайда кьола. Гьелъул пайда хадур рачIунел наслабазеги щола.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги кинабго лъикIабщинаб гьабиялда тIадчIей гьабизе.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...