Аслияб гьумералде

Эбел…

Эбел…

Эбел…

Аварагасул хIадис буго: «Алжан – эбелалъул хIатIикь буго» ва «Фаризаяб какалдаса хадуб лъикIаб гIамал эбел-инсуе лъикIлъи гьаби буго», - ян абураб.

 

Лъиего балъгояб жо гуро лъимер гIезабулаго эбелалда бихьулеб къо, рорчIулел сардал ва цогидабги. Ургьиб лъимер бугеб заманалда эбелалъул букIунеб хIалалъул бицинего бицинарин.

Исламалъ нилъеда малъулеб буго эбел-инсудехун лъикI рукIине, гьел капурал ругонигицин. ХIадисалда абулеб буго: «Абубакарил яс Асмаихъе ячIана гьелъул эбел, амма гьей жеги исламалда йикIинчIо. Гьелъ аварагасда цIехана дица гьелъулгун гьоркьоблъи цIунилебищалан. Гьес абуна цIунейилан».

Аварагзаби кин балагьулел рукIарал жидерго улбузухъ? Свалат-салам лъеяв МухIаммад авараг ХIудайбиялъул рагъул заманалда, асхIабзабигун ва 1000-гIанасев рекIаравгун эбелалъул хабада аскIосан унаго гьенив чIана, гьелъул хабаде зиярат гьабизелъун. Гьениве щведал гьев кутакалда гIодана ва гьесда цадахъ асхIабзабиги гIодана. Гьедин, аварагас бихьизабуна эбелалде бугеб рокьи ва хIурмат гьей хун хадубги тIагIунареблъи.

Жинда свалат салам лъеяв Бичасул аварагасухъе цо вачIанила бищунго цIикIкIун жинца гьалмагълъи гьабизе рекъарав чи щив абун гьикъун. Хирияс жаваб гьабунила, дур эбел йигин абун. Гьелда хадув щив абун цIеханила гьес. – Дур эбел, ян гьабунила жаваб. Цинги щив абун суал такрар гьабунила гьев чияс. – Дур эбел, ян лъабабизеги кьунила жаваб хирияв аварагас. Цингиги щив абун, ункъабизеги суал цIи гьабигун Бичасул аварагас абунила, дур эмен, ян.

«ФатхIул бари» абураб тIехьалда ИбнухIажарица абулеб буго, Ибну БатIалица абунин, гьелъул магIна кколин инсудаса тIокIаб эбелалъе лъабго мисал бугин абураб. Гьебги кколин ургьив ваччи, хIара чIван гьев гьави ва каранда хахи. Эмен гIахьаллъула эбелгун гьелдаса хадусеб гIумруялъулъ кьолеб тарбиялда жанив.

КъазигIиязица абулеб буго, жумгьурал рекъанин лъикIлъи гьабиялъул эбел цее ккезаюрай йигин инсудасаги, ян.

ГIиса аварагас (гI.с.) абуна: «Жеги киниялда вукIаго дида БетIергьанас амру гьабуна эбелалдехун хIеренго вукIайилан».

Мунзиру Саврияс бицана имам Абу-ХIанифаца эбелалъул рас халаанилан. Гьедин хIеренго рукIунаан киналго аварагзаби, имамзаби, гIалимзаби жидерго улбулгун. Абу-Гьурайратица абулаан рокъоса къватIиве лъугьунаго: «Дуе талихI ва рохел, эбел, Аллагьасул рахIмат рещтIаги дуда, дун гIезавурай ва дие тарбия кьурай».

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатидасан бицараб хIадисалда абулеб буго: «Аварагас абунила жинда макьилъ бихьанин Алжан ва рагIанин гьениб берцинго Къуръан цIалулеб гьаракь. Дица гьикъанин гьев щивин, жаваб гьабунин НугIманил ХIарис вугилан. ХIарис вукIана бищунго эбелалъе лъикIавлъун».

Гьаб дунялалда цо жо тIагIани, Аллагьас ﷻ нужее гьелъул бакIалда хисун цойги жо щвезе рес буго. Масала, чIужу ятIалъани, жеги лъикIай щвезе бегьула, лъимер хвани, цойги гьабизе бегьула, магIишат – цин чурула, цинги цIикIкIуна ва амма эбел лъицаниги ва сунцаниги хисуларо.

Гьадин гIемер хиралъи бицун бугеб эбелалъул адаб цIуни лъидаго бичIчIуларо жиндирго лъимал раккичIого. Амма гьеб мехалъ кидаго гуро рес букIунеб адаб цIунизе. Гьединго нилъеда эбелалъул къимат бичIчIуларо гьей чIаго йигейгIанаб заманалдаги. Амма гьей цеесан ун хадуй кватIун букIуна.

Камулел гьечIо эбелалъул адаб рехулелги, гьейгун тIубараб гIумруялъ барщун чIолелги. Хирияб хIадисалда абулеб буго гьединазде рештIулила Аллагьасул нагIана, ай рахIматалдаса нахъе вачахъи ян. Гьелдаса кIудияб талихIкъей чиясе букIине рес гьечIо. Гьединго камулел гьечIо ирс бикьулаго, яги кинаб бугониги мина-къай кьолелъул жив къезавунин абун ракI хун эбелаллдехун рукIунелги. Гьелъие жаваб тIадехун кьунги ана. Жеги такрарги гьабила, эбел лъицаго ва сунцаго хисуларо, цогидащинаб жо хисун щвезе рес буго. Гьединлъидал эбелалъул адаб рехун тезе лъиего рекъараб гьечIо.

Эбелалъул къо абун лъагIалида жаниб цо къо бихьизабун букIуна. Гьелда рекъон эбелалъе хIурмат гьабулеб хасаб гьеб къоги бихьизабун ратула цоцоял. ЛъагIалил щибаб къоялъ гьабизе рекъараб ва жеги тIадаб буго эбелалъул адаб. Аллагьас кумек гьабеги киназего.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...